Гьал къоязда республикаялде вачIун вукIарав РФялъул Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министр Сергей Чеботаревги ДРялъул бетIер Владимир Васильевги гIахьаллъана МЧСалъул ситуативияб центр рагьиялъул тадбиралда.
Ситуативияб центр рагьана 29 декабралда МахIачхъалаялда. Централъул гIаммаб гIатIилъи буго 3500 квадратияб метр. Гьенир рукIине руго: «112» цогояб номералде кIалъараб мехалда кумекалъе рахъине кколел киналго хъулухъал. Гьенибго букIине буго ДРялъул МВДялъул ГИБДДялъул административияб низам хвезабиялъул хIужабазул хъвай-хъвагIай ва РФялъул МЧСалъул ДРялда бугеб БетIераб управлениялъул гIорхъолъа борчIараб ахIвал-хIал ккараб мехалда нухмалъи гьабулел централги.
«Дир бизнес» абураб цIаралда гъоркь хасаб центр рагьия-
лъул тадбиралдаги гIахьаллъана Сергей Чеботаревги, Владимир Васильевги, ДРялъул хIукуматалъул вакилзабиги.
«Дир бизнес» абураб центр рагьи ккола «ГIисинаб ва гьоркьохъеб предпринимательство» абураб миллияб проект гIумруялде бахъинабиялъул цо бутIа.
Гьениб В. Васильевас ракIалде щвезаруна ахирал соназда Дагъистаналда тIоритIарал тадбиралги, гьарурал ишалги ва абуна, кинабго гьабулеб бугин дагъистаниязул гIумру цебетIезабиялъул мурадалда.
— 2012 соналдаса нахъе нилъер букIана анлъго кIудияб бизнес-проект, амма гьезул цонигияб гIумруялде бахъинчIо. Гьел лъугьана цебеккун букIараб нухмалъиялъул рахъалъ рагьарал уголовниял делабазул эпизодаллъун.
Нилъехъа «бацIцIад гьабун» бажарана гIицIго «Мараби» абураб проект. КватIичIого гьеб хIалтIизе байбихьизе буго. Гьал къоязда проекталъул бетIергьанлъун кколев чияс Сбербанкалъухъа босана 600 млн гъурущ налъи. Гьеб буго лъикIал хIасилал кьезе рес бугеб проект. Жеги анлъго инвестициязулаб проектги буго хIадур гьабулеб, — ан бицана регионалъул нухма-лъулес.
В. Васильевас абуна, РФялъул Экономикияб цебетIеялъул министерствоялъ гIуцIараб рейтингалда рекъон, Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан ичIабилеб бакIалда бугин ва республикаялъе щвараб цо миллиардгун 260 млн гъурщил гранталъ цебетIеялъе жеги квербакъилин абун.