ХIурматиял магIарулал!

РакI-ракIалъ баркула нужеда тIаде щвараб цIияб, 2020 сон.

Аллагьас баракатаб ва талихIаб батаги гьаб.
Араб сон нилъее букIана батIи-батIиял лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб. Республикаялъул бетIер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь гIумруялде рахъинаризе кIвана батIи-батIиял миллиял проекталгун программаби.
Гьаб соналдаги дагьал гьечIо республикаялъул халкъалъул гIумру-яшав лъикIлъизабиялъул мурадалда гьаризе тIаде росарал масъалаби. Хьул буго цадахъ лъугьун нилъеда гьел тIуразаризе кIвелилан.
Гьарула щивав чиясе, щибаб хъизамалъе сахлъигун рохел, рокъоб парахалъи, гьабулеб ишалъулъ икъбал, битIккей.