Аралъе нух битIаги, бачIунелъе къо битIаги

Дунялалда къанагIатабги улка гьечIо цIияб соналда дандчIвай гьабулареб. Гьеб къоялъ нилъеца цоцазда байрам баркула, сайгъатал кьола ва божула бачIунеб соналъ анищал, къасдал ва мурадал тIуразе ратилин абун.

ТIаде щвараб 2020 сонги баркун, нижеца цо-цо чагIазда гьарана гьал суалазе жаваб кьеян:
Дагъистаналъе, мунго хIал­­тIулеб, цIалулеб идараялъе, росдае 2019 соналда щиб лъикIаб, пайдаяб иш гьабун бажарараб?
БачIунеб соналъ гьаризе кинал къасдал, мурадал, анищал къалмиде росун ругел?
Кинал рагIабаздалъун бар­ки­леб цIияб сон магIа­ру­лазда, дагъистаниязда?

ГIалибег ГIАЛИЕВ,
ришватчилъиялда данде
къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетIерасда цебе гIуцIараб
Управлениялъул нухмалъулесул заместитель:

— 2019 соналда дие кутакалда асар гьабураб иш ккана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор хиси. Иманги бугев, гьеб ишалъе бажариги бугев чи вачIун вуго гьениве (ГIумаханГIумаханов — ред.). Гъун­караб, лъикIаб коллективги бакIарун, ГIумаханица газета хIа­къикъияб ва халкъалъе хIажатаб информация кьолеб алатлъун гьабиялда ракIчIола дир.
ГIадамал чIалгIун руго цIализе пайдаги гъираги бугел макъалабазухъ. Гьединлъидал газеталъул подпискаги кутакалда цIикIкIинин ккола дида.
Дирго хасаб рохелалъулги бицинин. Дир саназда нур базабурав кIиявго вас вуго гIун вачIунев. Кутакалда асар гьабула гьез бахъулеб щибаб галиялъ, гьезда лъараб цIияб рагIиялъ…
Республикаялъул даражаялда босани, дун «ХъахIаб рокъов» хIал­тIулев вукIунилан абулеб жо гуро, амма унго-унгоги гIемераб хIалтIи гьабулеб буго – лъим, газ бачиналда, нухал рахъиялда, гIадамазул минабазул азбаралгун жамгIиял бакIал къачIаялда сверухъ.
Масала, дагьалъ цеве Гъизилюрт районалде щвана. ЛъагIалида жаниб микьго объект бан буго гьениб. Щвана цогидал шагьараздегун росабалъеги. Щибаб иш рагIа-ракьанде щун гьабизелъун, миллиял проектал гIумруялде рахъинариялда хадуб халкквезелъун щибаб анкьалда республикаялъул нухмалъиялъги видеоконференциял гьарула муниципалиял гIуцIабазул бутIрузулгун. Унго-унгоги батIияб асар гьабулеб буго бакIазул нухмалъулез гьабизе лъугьараб хIалтIи бихьидал.
Щивас жинда тIадаб иш ракI­бацIцIад­гоги заманалдаги тIубаза­буни, киналгIаги суалал рукIунаро. Гьеб бичIчIизе къваригIун буго. Гурони, цоцазде тIамун яги хIалтIи хадуб бехъерхъизабун тезе заман гьечIо. Гьадинги кутакалда нахъа хутIун руго.
ЦIияб соналда ракIгъанцIизабулел камиял ккогегиян гьарилаан дица магIарулазеги тIолалго дагъистаниязеги. Унта-щокълъи дагьлъаги, больницабазе ккогеги, гьими гIе­мерлъаги, цоцазда нахъасан къватIул харбал рицунел гIадамал тIагIаги нилъеда аскIоса.

МухIамад АХIМАДОВ,
ДРялъул Хъвадарухъабазул
союзалъул правлениялъул
нухмалъулев:

— Исана 85 сон тIубана Дагъистаналда Хъвадарухъабазул союз гIуцIа­ралдаса. Гьелда бан МахIач­хъалаялдаги цогидал шагьараздаги тIоритIарал тадбиразде рачIун рукIана улкаялдаго машгьурал ша­гIирзабиги, хъвадарухъабиги, жур­налисталги. Гьездаго гьоркьов ву­кIана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Николай Ивановги.
Гьединго асар гьабуна Чувашиялдаса поэт Михаил Сеспелил цIаралда чIезабураб халкъазда гьоркьосеб премиялъе дун тIаса вищиялъги.
2019 соналда Казахстаналда «Сто книг мира» абураб сериялда гъоркь къватIибе бачIана дир тIехьги – «МугIрузул васасул дугIа». Гьелда тIадеги Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъ дие кьуна Бунинил цIаралда бугеб премияги.
2019 соналда Россиялда ругел Хъвадарухъабазул союзазда гьоркьоб бищун лъикIаблъун рикIкIана нилъер республикаялъул союз.
ЦIияб соналъ магIарулал магIару­лазул бакI цIунун, цIар цIунун, миллат цIунун, магIарулаллъун ху­тIагиян гьарилаан дица. Нилъерго араб тарихги дарслъун ккаги киназего. Гьарула нилъ нилъерго умумузул гъасде, халкъалде, мугIрузде, мацIалде тIадруссагиян.

МухIамад ПАТХIУЛАЕВ,
Болъихъ районалъул
нухмалъулев:

— Районалъул бищун кIудияб бечелъи гьенир гIумру гьабулел гIа­дамал ккола. Гьединлъидал лъик1аб асар гьабула гьезул къадарги санайилго цIикIкIунеб букIиналъ. КватIичIого 60 азаргоялдасаги т1аде уна гьезул къадар.
Нижер районалъул экономикаялда аслияб бакI росдал магIишаталъ ккола. Гьединлъидал 2019 соналда нижер мухъалда ругел росдал магIишаталъул предприятияз хIадурана, гIезабуна 3,2 млрд гъурщил багьаяб къайи-цIа. Гьединго церетIолел руго промышленностьги халкъиял махщелалги.
Росабалъ гIадамазул гIумру бигьалъизабизелъун социалиял суалаздеги кIвар кьола нижеца.
2018 соналъул марталда РФялъул президентгун районалъул вакилзаби (жамагIатчагIи) дандчIвайдал, нахърахъичIого тIуразе кколел проектазда бан тIадкъаял кьун рукIана. 2019 соналда хIаракат бахъана гьел тIуразаризе.
Гьедин, лъим жанисан унеб кIу­дияб лъабго рогIоро бачана районалде, бана спортзал, кIиго ФАП, ремонтги гьабун, хIалтIизе лъугьана рагъулаб шагьар бугеб бакIалда бараб лъималазул ах, анлъго школалда рана квегIенал туалетал, къачIана росабазул нухал. Проектал рахъана 2020 соналда разесел социалияб кIваралъул объектазулги.
Шагьранухал рахъиялъегун къа­чIаялъеги хIалтIи гьабулеб буго. Масала, гьелда гъорлъе уна «Грозный-Болъихъ-Хунзахъ-ГьерекIдерил майдан» шагьранухлул цо бутIаги. Гьединлъидал кватIичIого магIар­улазе рес щвезе буго Северияб Кавказалъул цо-цо республикабазде кве­гIенаб къокъид нухалъ ине.
Республикаялъул цогидал шагьараздагун районаздаго гIадин, «Комфортная городская среда» абураб программаялда рекъон, Болъихъ райо­­налдаги къачIана жамгIиял ба­кIалги хасаб минаялъул цо азбарги.
Бищунго аслиял суалазда гьоркьоб рехсезе бегьула сахлъи цIуния­лъул идарабазда къайи чIезабиги.
Гьедин, январалда районалъул боль­ницаялда лъун бахъуна компьютералъул томографги цогидаб аппаратураги.
Болъихъ росулъ рагIалде бахъун буго рищни ва лъимгун хутIелал рацIцIад гьарулеб комплекс байги. Сверухъ ругел районазул рищни бацIцIад гьабизе гIурабгицин къуват буго гьелъул.
2019 соналда Болъихъ районалда кIодо гьабуна жиб гIуцIаралдаса 90 сон тIубайги, 1999 соналъул августалда дол лъугьа-бахъинал ккаралдаса 20 сон тIубайги. Гьелда бан районалда лъуна кIудияб памятник: гьелъ гъорлъе рачуна КIудияб ВатIанияб рагъул ветераналги, рагъу­хъаби-интернационалисталги, 1999 соналъул рагъул гIахьалчагIиги.
ГIемерисезе асар гьабуна Болъихъе РФялъул президент Владимир Путин вачIиналъги. Гьес лъикIаб къиматги кьуна памятникалъе.
Гьанже ниж хIадурулел руго 9 маялдехун районалда рагъулаб реццалъул музей рагьизеги. Гьеб букIина памятникалда гъоркь бугеб рокъоб. ГIаммаб куцалда БахIарзал ракIалде щвезарулеб комплекс лъугьина гьелъул.
Дие, тIоцебесеб иргаялда, бокьилаан Болъихъ район цебетIеялъе квер­бакъулелщинал ракьцоязе бар­кала кьезе. Гьел сабаблъунги букIана нижее 2019 сон кутакалда баракатаблъун.
Гьединго Болъихъ районалъул гIа­дамазулги хасгьабун дирго рахъалдасанги дагъистаниязда баркула ЦIияб сон!

ХIайбула АРБУЛИЕВ,
спортсмен:

— ТIадагьаб атлетикаялъул рахъалъ ветераназда гьоркьоб риидал Москваялда тIобитIараб чемпионаталда 31-абилеб нухалдаги чемпионлъун вахъана дун. Гьелдаса хадув ахIана РФялъул Пачалихъияб Думаялде. Гьеб мехалда гьениб гьоркьоб лъун букIана 1999 соналда къватIире рахъарал ополченцазе рагъул гIахьалчагIазе гIадаб статус кьеялъул суал. Нужеда лъалеб батила, цеве Болъихъ районалъул нухмалъиялда вукIарав МухIамадхIажи ГIумархIажиевас РФялъул президент Владимир Путинида гьарун букIана гьединаб статус кьеян.
ЦIияб соналда хурхун дагъистаниязе гьаризе бокьилаан 2020 соналда Япониялда тIоритIизесел Олимпиялъул хIаязда нилъеразе цIикIкIун меседил медалал щвагиян.

ПатIимат МУРТАЗАГIАЛИЕВА, ДРялъул мустахIикъай
экономист, МахIачхъала
шагьаралъул
Ленинский районалъул
администрациялъул
бетIерай бухгалтер:

— 2019 соналъул хIасилал гьарулаго, нижер районалъул администрациялъул хIалтIуе лъикIаб къимат кьуна. Гьеб бергьенлъиялъулъ дирги буго гьитIинабго бутIа. Нижер районалъул бетIерги гIадатиял гIадамалги дир хIалтIудаса рази руго, гьезул рахъалдаса дие цониги бадибчIвай щвечIо. Ният буго бачIунеб соналъги нухмалъулелги, коллективги, гIадатиял гIадамалги разияб хIалалда хIалтIизе.
Хириял магIарулазда, дирго кколективалда, росуцоязда ва гIага-божаразда цIияб сон дица баркила гьал жугьабаздалъун:

ЛъикIлъиялда къвал бараб,
Квешлъиялда мал бараб,
Рагъ-кьал тIубан кIочараб,
Батаги бачIараб сон.

Зарипат МУХIАМАДОВА,
«Дагестанский» ФГБУялъул
пачалихъалъулаб тIабигIияб
заповедникалъул экологияб лъай
кьеялъул рахъалъ директорасул
заместитель:

— Нижеца гьабураб кIудияб хIалтIи ккола «ЛъаратIа заказникалде» биччараб леопард цIуниялда хурхун гьеб районалъул росабазул гIадамазе гьарурал бичIчIикьеялъулал гара-чIвариял. «Сарыкум заповедникалда» гIуцIа­на интерактивияб музей.
Документал хIадурун руго «Самурский» абураб миллияб парк гIуцIиялъе. БачIунеб соналда гьеб рагьизе ккола. Гьединго Сарыкумалъул салул гохI лъугьинабизе ккола Дагъистаналъул чIухIилъун. 2018 соналде дандеккун, 2019 соналда гьенире рачIунезул къадар лъабго нухалда цIикIкIана.
2020 соналда магIарулазе гьарула парахалъи, сабру, икъбал ва чIара-хьараб гIумру.

Юсупбег ЮСУПОВ,
Хунзахъ район, ЦIада росу,
«Цогояб Дагъистан»
жамгIияб гIуцIиялъул
нухмалъулев.

— Дида бихьулеб буго пачалихъалъул тIадегIанал идарабазда ва гьезул нухмалъулезда ахир-къадги бичIчIун букIин нилъер гIадамал захIматаб рукIа-рахъиналда рукIин. Гьелда рекъон, президентасул «Маялъулал» указазда мугъчIвайги гьабун, миллиял проектазул кьучIазда пачалихъалъул бетIерас байбихьана гьединаб ахIвал-хIал хисизабиялда тIад хIалтIи гьабизе, цебехун киданиги букIинчIеб даражаялъул тадбирал тIоритIизе.
Гьелда цадахъго хисулеб буго политикаялдехун, экономикаялде­хун, социалиял суалаздехун гIадама­зул бугеб бербалагьиги. Гьезда би­чIчIулеб буго, нилъго рагъа-рача­ричIони, лъицаниги нилъее рахIатаб гIумруги берцинал шартIалги росун рачIине гьечIеблъи.
— Инсан вата, пачалихъ бата щулалъула, къуваталлъун лъугьуна къва­­рилъи хIехьезе ккун хадуб. Санк­цияз нилъ къвакIизаруна, тIамуна ургъизе, хIисаб гьабизе, цIиял ресал-къагIидабазда тIад хIалтIизе.
КIиабизе, лъиениги балъголъи гуро Россиялдаги Украинаялда­ги гьоркьоб бугеб ахIвал-хIал хIалуцараб хIалалда букIин. Лъица кинаб къимат кьуниги, дида ккола Украинаялъул цIивищарав президент вугин бажари бугев, кIиябго пачалихъалъул цогояб къисмат букIинги бичIчIарав чийилан абун. Ахирал моцIазда гьеб суалалда сверухъ ккараб пайдаяб багъа-бачари дица рикIкIуна кутакалда лъикIаб гIаламатлъун.
Дие бокьилаан дагъистаниязда баркизе тIаде щолеб цIияб сон, гьаризе сахлъи, рохел ва парахалъи. ЦIияб сонги нахъе таралдаса дагьабги лъикIаблъун букIаги нилъее. Дир бищун кIудияб ва аслияб хьулгун мурад буго нилъ киналго цо халкъ гIадин цолъун, гъункун рукIинин. Цолъун хIалтIулел ругони, церехунги ине руго.

ГIабдула МУХIАМАДОВ,
Россиялъул Художниказул союзалъул член, РАНалъул
ДФИЦялъул ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб ИЯЛИялъул хIалтIухъан, художник,
архитектор:

— 2019 соналда дун гIахьалъана Россиялдаги республикаялдаги тIо­ритIарал «Дагъистаналъул росу» абураб суратазул выставкабазда.
БетIерав архитектор хIисабалда, дица проект бахъана КъахIиб-Хьиндахъ росдал архитектура уму­музул букIараб къагIидаялда цIи­гьабиялъе, жакъа гьенир хIалтIаби унел руго. Дир суратазул аслияб тема ккола «Унеб Дагъистан» абураб. Дие бокьун буго умумузул букIараб архитектураги, гьезул гIумру-ма­гIишатги суратаздалъунгIаги хадусел наслабазе нахъе цIунизе.
БачIунеб соналда ният буго хасаб дирго суратазул выставка тIобитIизе.
ЦIияб соналъулаб гьара-рахьиялъул бакIалда дица абила, гьудуллъи щула гьабе, магIишат гIуцIизе хIаракат бахъе, лъай-махщалида тIад­чIаян. Зарал рукъуге, кверал раче!

ГIабдула МУХIАМАДОВ,
Хасавюрт районалъул
Къарланюрт росдал
10 классалъул цIалдохъан:

— 2019 сон дие букIана бергьенлъабазул рахъалъ бечедаб. Республикаялда ва районалда тIоритIарал предметиял олимпиадабазда росана призалъулал бакIал. Бищунго рокьула химия ва физика гIадал предме­тал. Дир буго гугаризе махщел, спортивиял къецаздаги чIелал росана.
РакIалда буго нартихъабазул институталде цIализе ине, гьединлъидал, цебегосеб анищ тIубаялъул мурадалда, ният буго бачIунеб соналъ жеги лъикIал къиматазда цIализе.
Киналго магIарулазда, мугIа­лим­забазда, классцоязда ва «ХIакъи­къаталъул» коллективалда ракI-ра­кIалъ баркула тIаде щвараб 2020 сон. Биччанте киналго дагъистаниязе талихIаб букIине бачIунеб сон.

МухIамад МУХIАМАДОВ,
ДГУНХялъул
инженерияб
колледжалъул директор:

— Дида ккола 2019 сон Дагъистаналъе­ги Россиялъеги квешаб букIинчIин, пачалихъалъ байбихьа­нин нилъер гIумруялъул батIи-ба­тIиял бутIабазда дагь-дагьккун гIад­лу-низам, заманалда рекъарал шар­тIал чIезаризе абун. Диего араб сон букIана гIемер лъикIаб, хъизамалъул чи унта-щокълъичIого, къварилъи ккечIого Аллагьас балагьаздаса цIунана.
Исана, дир пикруялда, бищун захIматаб иш ккана ВАДАялъ Россиялъул спортсменал кIудиял спортивиял къецаздаса ратIа гьари. Дагъистаниязе, хасго гугарухъабазе, гьел­далъун ккезе бегьула зарал. Бищун лъикIаб иш ккана Крымалде кьо бай рагIалде бахъин ва гьелда тIасан тIоцебесеб поезд биччай.