ЦIиял пикрабигун, цIиял ишалгун

74327007 144811393467541 3060529429533949952 n

31 октябралда «ХIакъикъат» газеталда тIобитIараб дандеруссиналда гIахьаллъана ДРялъул информатизациялъул, бухьеналъул, массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирев, промышленносталъул ва энергетикалъул министр Сайгидпаша ГIумаханов, финансазул министр Юнус СагIадуев, республикаялъул миллиял газетазул редакторзаби.

 

Гьел данделъиялъе гIиллаги букIана «ХIакъикъат» газеталъул редакторасул ишал тIуралевлъун тIамурав ГIумахан ГIумахановасда хъулухъ барки ва жакъа миллияб прессаялъул бугеб ахIвал-хIал загьир гьаби.

 

Гьениб Сергей Снегиревас бицана миллияб пресса цебетIеялъе, газеталгун журналал заманалда гIадамазухъе щвеялъе гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

 

«ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул ишал тIуралев ГIумахан ГIумахановасги бицана редакциялъул хIалтIул, гьаризе ругел ишазул. Амма миллияб газета цIунун хутIиялъе ва гьеб цебетIеялъе цадахъ рекъон хIалтIизе кколинги абуна гьес.

 

 

Сайгидпаша ГIумахановас жиндирго кIалъаялда кIвар кьуна миллиял газетал цIуниялъе квербакъизе ккеялде.

74273933 144810330134314 7555043796619100160 n

Юнус СагIадуевас абуна финансазул министрство хIадурго бугин СМИязул материалиябгун техникияб рахъ лъикIлъизабиялъе бажарараб кумек гьабизе.

 

Гьединго дандчIваялда гIахьаллъана ДРялъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель МухIамад АхIмадов, Халкъаздагьоркьосеб Шамил имамасул цIаралда бугеб фондалъул председатель ГIалиасхIаб Хархачаев ва цогидалги. Дандеруссиналъул ахиралда ГIумахан ГIумахановас гьалбадерие баркала загьир гьабуна ва абуна газета магIарулазе бокьулеблъун лъугьинабизе кIвараб хIаракат бахъизе бугилан.

 

ДандчIваялъул хIакъалъулъ нижеца гIатIидго бицине буго хадусеб номералда.