ГIин унтун бугони…
ГIин унтани, хинаб боралъул спирталъулъ ччураб квасквасул чIоло биччала гIинзунибе. Пайда босизе бегьула лавандаялъул нахудасаги. 2-3 къатIра гьеб нахул жубазабила хинаб хурдузул нахул 10 къатIрагун. Гьелда гъорлъ ччураб чIоло гIинзунибе биччала, хадуб хинаб компрессги гьабила. Гьедин гьабулаго магIарзухъе тIинкIила бидурихьал къварид гьарулеб къатIра. Масала, називин, фтизин. Щай абуни, рахунел унтабазул микробал, хасго лъималазул, магIарзухъан эхеде хIохьел хьвадулеб мащуялъусан уна. Гьединлъидал, мащу нилъеца эркен гьабизе ккола, гьединго унтараб гIинги хинлъизабизе ккола. Гьеб даруялда тIадеги жубала антигистаминнияб препарат.
Лъимал золотухаялъ
ва рахиталъ унтун ругони…
1 кг цIияб наккдада тIаде 5 л лъел тIе ва 30 минуталъ гьализабе. Лъугьараб жо цIцIузеги цIцIун ваннаялъубе тIе. Гьениб лъадал температура 37-38 градус букIине ккола. Анкьида жаниб 2-3 гьединаб ванна гьабила. Гьенир регизе 10-15 минут гIола.