МагIарул халкъияб кочIол роцен

«Огь, цIа буго каранда, кидаго жиб сунареб…»

 

Гьедин гурищ ахIараб магIарулаз халкъияб кочIол гъасда жидерго гIищкъул хIакъалъулъ. Гьеб ахIухъ гIенеккидал, биги гьалдолаан, тIолабго черхалда гъаргъарги балаан, гIенеккарасул рекIелъ жиндирго лъалкIалги тун, гьеб цинги боржунаан бищунго борхатаб мегIералъул тIогьибе. Гьеле гьелъулъ букIана магIарул халкъияб кочIол роценги борхалъиги. Гьеле гьединаб асар гьабулаан дие, магIарухъ халкъияб кочIол гьаракь бахъиндал.
Гьеб кидаго букIана магIарулазда цадахъ. Гьелъ дунялалъего бицана бахIарчияб магIарул тариха-лъулги, гIодана гьеб АхIулгохIда шагьидлъаразухъги, кьалул майданалда берал къанщаразухъги, ХъахIабросулъа МахIмудил пандрил сариназухъе чанги угьдана гьеб, «рокьи тIегьачIезеги тIегь бакъваразеги» дару-дарманлъунги букIана ва хутIана гьеб. Гьеб бижана магIарухъ. РакIазда чIвараб цIерги биинабулаан гьелъ, гIумруялъул гIазу хIеккине бакъул чIораллъунги кунчIана гьеб.
Гьеле гьединаб къуват букIана ва жакъаги буго унго-унгояб магIарул халкъияб кочIол.
Рокьул гучалъ магIарулазул каранда цIа гьелегьараб миллияб кечI чIурхIун лъолеб буго гьанже. Хасго гьелъул нур сунеб буго шагьаралда.
КигIанго лъикI халкъиял кучIдул ахIулезухъ гIенекканиги, черхалда цIа бакулеб асар гьабулеб гьечIо. Щайдай? Щайгурелъулха кечI ахIулезда цебечIолеб гьечIо гьеб бижараб гъансито. Гьединаб хъурщун гурони боржунареб кечI къабул гьабуларо гIагарал мугIрузги. Санайил тIоритIулел концертазул байбихьуда цо-кIиго халкъияб кечI ахIунилан, халкъияб маданияталда нур баларо. Унго-унгояб магIарул халкъиябги, халкъалъе бокьулебги кечI гьабсагIаталда магIарухъ буго цIунун хутIун.
Щайдай? Щайгурелъул магIа-руллъиялда тIирщараб, бижараб, тIегьараб гьелъ асир гьарула гIадамал гурелги, мугIрузул чундулги, лъаразул чилиги, гьелъухъ гIенеккула мугIрул гIидраги, гIидраялда гогьго расандулел кьагIи-буртIалги, гьелъ пана гьабула тIолго тIабигIат.
Рокьи ккаразул рекIелъги басандула гьеб, гьеб бечIаразул керенги бухIизабула гьелъ, бахIарчилъиялъеги чилъиялъеги къулизеги къулула гьеб, гьеб биларазухъ рокьукьгоги балагьула гьеб.
Гьеле магIарул маданияталъул сиялъулъ яхI-намусалъул кьеккеллъун бугеб магIарул кочIол роцен. МагIаруллъи чIаго бугебгIан мехалъ, гьелъул хIайранаб сарин къотIизе гьечIо.