Гранталъул къисмат

Федералияб хIукуматалъ республикаялъе грантазе кьун буго 1 млрд 267 млн гъурущ.

Республикаялъул бетIер Владимир Васильевас лъикIаблъун бихьизабуна гьеб гIарац сунда тIад хIалтIизабизе бугеб абураб суал халкъалда гьоркьоб лъей. Гьелъие чIезабун букIана лъабго бутIа; тIоцебесеб — гIадамазул пикраби ракIари; кIиабилеб — онлайн–гьаркьал кьей тIобитIи; лъабабилеб — ахирисеб хIукму къотIиялъе хIасилал республикаялъул нухмалъиялда цере роси. ТIоцебесеб бутIаялда нилъер гIадамаз бихьизабуна жигараб гIахьаллъи. Гьелъул хIасилал данде росана 25 январалда ДРялъул Экономикаялъул ва териториалияб цебетIеялъул министерствоялъ ДГУНХалда тIобитIараб гIатIидаб данделъиялда. Гьелда гIахьаллъи гьабуна экономикаялъул министр ХIажи СултIановас, ЖамгIияб палатаялъул председатель ГIабдул­хIалим Мачаевас, ДГУНХалъул президент ХIамид Бучаевас, политологал – экономистаз, экспертаз. Министрас кьурал баяназда рекъон, бихьизабураб болжалалде, ай 22 январалде щвезегIан министерствоялде битIун бачIун буго 11 азаргоялдаса цIикIкIун предложение. Гьел рачIана Дагъистаналъул киналго районаздаса (бищун цIикIкIараб къадар буго Гъизилюрт районалдаса – 35, бищун дагь Гумбет, Болъихъ, Курах, ЛъаратIа, Хив, Хунзахъ, ЧIарада ва Шамил районаздаса – цо-цо), шагьараздаса (бищун цIикIкIун МахIачхъалаялдаса – 4942, бищун дагь Дербенталдаса – 18) ва Москваялдаса (44) Санкт-Петербургалдаса (2). Гьел руго экономикаялъул ва социалияб гIумруялъул 13 бутIаялда хурхарал. Гьездаса шагьаралъулал шартIал лъикIлъизариялъе 9096 предложение, сахлъи цIуниялъул идарабазул – 491, ЖКХялъул хIалтIуда хурхараб 404 предложение. Бихьулеб буго гIадамаз дагьал предложениял рачIун рукIин предпринимательствоялда, тIабигIат цIуниялда, росдал магIишаталда хурхарал. Дир хIисабалда, гье­лъие гIиллалъун буго гIадамазухъе, хас­го росабалъ гIумру гьабуле­зухъе, хIажатал баянал жеги щун гьечIолъи ва гьезда цIех-рех тIо­битIулеб букIин лъачIолъи.

Данделъиялъул гIахьалчагIазул пикруялда рекъон, кIиабилеб бутIаялде росизе хIажалъи гьечIо федералиял ва республикаялъул хасал программабаз, миллиял проектаз тIуразе хIисабалде росун ругел масъалаби. Гьединлъидал гьез тIаса рищана гьел программабазде гьоркьореги унарел, гIадамазги кIвар буссинабурал суалал. Гьезул онлайн-гьаркьал кьей ине буго гьаб анкьалдаса байбихьун 11 февралалде щвезегIан. Гьениб бищун цIикIкIун гьаркьал щварал суалал – масъалаби росизе руго республикаялъул нухмалъулесухъе.