ХIажат буго аспирантура

ЦIех-рехазул Дагъистаналъул федералияб централда (ДФИЦ) тIобитIулеб буго гIелмияб сессия. Январалъул ахиралда байбихьараб гьеб халалъизе буго ГIелмуялъул къоялде, ай микьабилеб февралалде, щвезегIан.
28 январалда гIелмияб сессия тIобитIана ИЯЛИялда. Гьелда гIахьаллъана ДФИЦалъул президиумалъул председатель Къурбан Акаевги.

Данделъиялда гьаруна 2019 соналда гIуцIун рукIарал тадбиразул ва гьабураб хIалтIул хIасилал. Адабияталъулги, искусствоялъулги, фольклоралъулги, грамматикиял цIех-рехазулги ва лексикаялъулгун лексикографиялъулги отделазул нухмалъулез бицана лъагIалида жанир рахъарал гIелмиял макъалабазулги, тIоритIарал дандеруссиназулги, СМИязул вакилзабазулгун рукIарал дандчIваязулги, цогидаб хIаракаталъулги хIакъалъулъ. Бицана щибаб отделалда церечIарал масъалабазулги дандчIвалел захIмалъабазул хIакъалъулъги.
Масала, лексикаялъулгун лексикографиялъул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул доктор Мажид Халиловас абуна:
«КIудияб масъалалъун лъугьун буго институталъе гIалимзаби куцайги. Аспирантура къана. Дагъистаналъул мацIазулгун адабияталъул цIех-рех гьабун бажарулел гIалимзаби хIадурун бажаруларо федералиял гIелмиял центразда ругел аспирантураялда – гьенир гьечIо гьелъие санагIатал шартIал, масала, гьечIо мацIазул махщелчагIи. Бокьилаан, нилъерго ДФИЦалда аспирантура рагьиялъе тIалаб гьабуни», — ян.