Херехьдерие – мачIхъадерил лъим

Кидаго цо хIалалда гIадан ву­кIу­наро: бечедав мискинлъула, мискинав бечелъула, унтарав сахлъула, сахав хола, хIорал ракъвала, бакъвараб хIор лъел цIун батула.

Гьединабго жо ккана исана Харахьи росдаеги, 14 км бачараб лъимги къотIун. Гьеб къварилъи бихьидал, мадугьалихъ бугеб ГIоротIа росдал гIолохъабаз кумек гьабуна нижее лъим чIезабизе. Гьединго районалдасаги щвана гьеб.
Гьанже нижее бокьун буго лъим МочIохъан бахъизе. Гьеб суалалъ щун рукIана ниж гьанжегIагар Мо­чIохъ росдал жамагIаталъухъе.
Кутакалда асарги гьабуна нижер росдал къварилъи гьез, жиде­раб­го гIадин, къабул гьабиялъ. Ма­чI­хъадерица гьарурал кIалъая­зухъ гIенеккидал, дида ракIалде ккана, нижго хъвачIого, бачун лъим кьелаанин гьез херехьдериеян.
Мурадги тIубан, цIакъ магIна-гIи­налда нухарегIана гьез ниж. Гьединал мадугьалзабаздаса ниж кутакалда рохана. Нижер жамагIатгIан, Аллагьги разилъаги гьездаса.

P. S. «ХIакъикъат» газеталъул 2-абилеб номералда хъван букIана 3 январалдаса нахъе лъимги гье­чIо­го хутIараб Харахьи росдал хIа­къа­лъулъ. Сахъа­дерил магIарда гъор­кьан бачараб лъел рогIороги цIо­рон, лъим къотIун буго гьенибе.
ХIукуматалъ рагIи кьун буго ква­тIичIого гьенисан цIияб ро­гIо­ро ба­чине. Гьединго херехьдерие бо­кьун буго, риидал пайда босизе гьеб­ги тун, хасало хIалтIизабизе лъим Мо­чIохъан бачине.