• Устрицаялъул берал гIадалнахалдасаги кIудиял рукIуна.
• ЦIияб ручка кодобе щведал, гIадамазул 97 проценталъ жидерго цIар хъвала.
• Руччабазде дандеккун бихьиназ жалго жидецаго чIвала лъабго нухалъ цIикIкIун. Амма руччабаз лъабго нухалъ цIикIкIун хIалбихьула жалго жидецаго чIвазе.
• ЦIунцIра киданиги кьижуларо.
• Кьижун ккезе ккани, гьоркьохъеб къагIидаялда гIадамасе анкьго минут гIола.
• Хамелеоналъул мацI жиндасаго кIиго нухалъ халатаб буго.
• Байкал ккола дунялалда бищун гъваридаб хIор. Ганг, Ориноко, Амазонка, Волга, Дон, Днепр, Енисей, Урал, Обь, Темза, Сена, Одер гIадал гIорал лъагIелалъ чвахизе ккола Байкал гIадинаб гъваридаб хIор лъугьине ккани.
• 100 сон базегIан чIаго хутIаразул 80 % руччаби ккола.
• Жиндир гIумруялда жаниб гIадамасул букIуна гьоркьохъеб кIиго бассейн цIезегIанасеб хIацIу.
• ГIумруялда жаниб инсанас нахъа тола дунялалъул щуго экваторгIанасеб нухлул халалъи.
• Рокъоса гIебеде хIалтIи гьабулаго, къоялъ чIужугIаданалъ нахъа тола 11 километр.
• БакътIерхьул Китаялда чаялъубе чакаралъул бакIалда цIам бала.
• ГIумруялда жаниб инсанас кванала 27 тонна кванил.
• Рукъ хехго ва хираго бичизе ккани, гьеб тIогьилаб кьералъ белъине ккола.