ГIирбанил ХIажиявги гIагарлъиги

Дол церегIанго соназ дир гьудул, магIарулазул шагIир ГIирбанил ХIажияс жиндирго «РАФИК» машина кьун букIун буго гIагарав васасухъе, гьес жиндиегоги гьасиеги, гьелда гIадамалги раччун, гIарац гьабизе къотIигун. Амма шоперас дир гьудул махсараде ккун вуго, щибаб моцIрое къотIи гьабураб гIарацги кьечIого.

Гьеб рагIарав гьесул вацгIалас абун рагIула «Рождённый ползать летать не может…», — абун.
ХIажиясда гьеб бичIчIун буго ва гьев вацгIаласухъе хIалтIизабизе кьун буго добго «РАФИК» добго гIарац кьезе къотIиялда.
Цевесев кIочарав ватун вуго ХIажиясда кIиабилевги гIагарав чи, гьаб-доб багьанаги бачун, цонигияс гьасие къотIи гьабураб гIарац кьун гьечIо ва жиндир иргадулаб тIехь бахъизе рукIарал шагIирасул хьулал хIор-лъун руго.
Гьезда ццин бахъарав шагIирас босун буго хъахIаб ххамил щуго-анлъго метрги ва гьелда тIад художникасда берцинго ва чIахIиял хIарпаздалъун хъвазарун руго, бахъизе ракIалда букIараб жиндирго тIехьалдаса росарал, гьал рагIаби:

Эбел кIочарасе – кIиго нагIана,
Налъи кIочарасе – лъабго нагIана! — ян.

АскIобго бахъизабун буго «РАФИКалъул» суратги, гьеб лъие ва сундуе хъвалеб бугебали росуцоязда бичIчIизе букIинелъун.
Гьеб игIлан чIван буго жиндирго росулъ бугеб минаялъул нухдехун буссараб рахъалда, киназдаго бихьуледухъ.
Гьеле гьедин «тамихI» гьабун буго шагIирас жиндирго налъулазе.

P.S.
ГьечIищха, гьудулзаби, къватI-къватIазда чIахIахатIалъ хъван рукIине кколел рагIаби?
Гьал мухъал цIали-далгIаги цо-цо налъи кьоларел чагIазда яхI речIчIилародай?