МацIихъабазе дугIа

ЧIварав нижехъа кIиго гIолохъанчиясул, гьел хванин кагътал кьечIого, бесдал хутIарал гьезул лъималазе пенсия гьабун букIана дица, бегавуллъун хIалтIулев чияс. Гьебги кколелъубе щвезабун, дун кIиго моцIалъ туснахъалда лъун вукIана. Гьенир хъварал мухъал руго гьал.

 

Дий хIукму къотIараз къанщайги берал,
КъватIул гьойдул гIадин, гIакълуги босун.
ТIаса гIарза хъварал хъубал гIадамал
Хъорщол ящикалъур щула гьареги.

Дун тIаде вегулел гьал цIулал нарал
ЦIадул хIубилъаги хIалихьатазе.
ХIалхьуда дун течIел къадарал чагIи,
Къадар хехаб бачIун, молода къайги.

Дий кваназе кьолеб баландаялда
Болъонил гьан жубан кваназе ккайги.
Регизеян лъураб ишконка-кровать
Жидерго хабада хъанчлъун чIвайги.

Гьанир жанир ругел карцер-камерахъ,
Гьабураб лъачIеца лъагIелал райги.
НуцIида кIетIолел кIудиял кIулал,
КIалги къан чIечIезда мацIалда райги.

Дун вугеб рукъалъул гордул хьуразул,
Хьалбал лахIтуялъул гьаризе ккайги.
БокIнида кIутIараб парашаялда
ТIаса рахъулареб унти речIчIайги.

НуцIил кIалтIа ругел хъаравулзабаз,
Хъубаб агьлуйилан цIунизе ккайги.
Туснахъ сверун ругел надзирателаз,
РакI бухIаравги хун, вукъизе ккайги.

Бесдал лъималазда квер чIванин хъварал,
Бесдалазул рокъор ракъуца хвайги.
Мискин-пакъирасул суал борхарал,
Садакъаялъ хьихьун гIумруго айги.

Дие къор бухъараб къадараб уммат,
Къо гьоркьоб инчIого, гIодизе ккайги.
Къваридаб рокъове дун ккезавурал,
Гьалагаб гIуруца росун айги нуж!