БурутI

ЦIиял тIахьал

 

Дагьаб цебегIан къва­тIибе бачIана ПатIимат МухIамадовалъул лъи­малазе хъвараб «Ми­лъиршаби» абураб кучIдузул тIехь. Па­тIимат МухIамадова гьаю­на Хунзахъ райо­на­лъул Харахьи росулъ. Хъвадаризе гьелъ байбихьана гьитIинго. П. МухIамадовалъул кучI­дул рахъана «Рос­дал захIматчи», «ХIа­къи­къат» газетазда. Басмаялда рахъана «Щобил горо», «ТалихIалъул чIо­рал» абурал тIахьал. Гье­лъул поэзиялъ хасаб бакI ккола лъималазе хъварал кучIдуз. 
ПатIимат ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союза­лъул член.
 
МагIарул мацI
 
МагIарул мацI бацIцIадаб, гьоцIо гIадаб гьуинаб,
Гьуинго гаргадулеб, рекIелъ даим бессараб.
Кинидахъ дуй ахIараб  хIасратаб магIарул  кечI,
Каранде къан эбелалъ реэдараб рахьдал мацI.
Гьулакалда мунги лъун, ах бачун макьу кьураб,
МагIарул мацI бацIцIадаб, бицунаго кIарчамаб.
Гьеб мацIалъ мун кIалъала кIудияб гъираялда,
МагIарул мацI, рахьдал мацI рахьдада цадахъ щвараб.
Бице, лъимал, рахьдал мацI, кIудияб къимат бугеб, 
КIалъай, лъимал, гьеб мацIалъ, миллат нилъер цIунизе.
 
* * *
Гьединго къватIибе бачIана Париза Гереевалъул «Маргьабазул дуниял» абураб тIехь. Гьеб цIаралъ жинцаго бицунеб буго гьеб лъималазе хъвараб букIин. ХIакъикъаталдаги гье­лъул цIикIкIарасеб бутIа ккун буго лъималазе яги гьезул хIакъалъулъ хъварал асараз. Париза Гереева йиго жиндирго гIумрудул нух гьайбатаб гIамалалъги гьунаралъги берцин гьабурай унго-унгояй чIужугIадан, шагIир, журналист. «Мар­гьабазул дуниял» абураб тIехьалъ бицунеб буго шагIиралъул рекIел чIухIилъунги рохеллъунги лъимал рукIин. 
 
Гьеб талихI буго
 
Макьидаса йорчIидал, йорчIамиян ахIулел,
ХIанчIазул бакъназул сас – гьеб дие талихI буго.
БетIер тIаде борхидал, хинал бакъул чIораца,
Гьурмада бахъулеб квер – гьебги дир талихI буго.
Гьудулзабигун цадахъ росдал магъилъеги ун,
БетIараб тIогьол квацIи – гьебги дир талихI буго.
ХIасратай эбелалъе ихдалил байрам баркун,
Дицаго ахIулеб кечI — гьебги дир талихI буго.
 
Кицаби
•Бадиве веццуге, нахъасан какуге.
•Бакъвараб гъотIое дару – къотIун рехи.
•БакI гуреб бакIалда гIодовги чIоге, 
гьикъичIеб жоги бицунге.
•Батун бечелъула, бихьун цIодорлъула.
•ГьитIинго босараб лъай — тIогьолъ гьабураб гьоцIо.
•Гагу хунилан хур бекьичIого толаро.
•АхӀараб бакӀалде инчӀони — я барщунилан кколеб, 
я хӀинкъунилан кколеб.
•Гуллица цо чи чӀвала, мацӀица нусго чи чӀвала.
•Гъеду къакъадунилан лочнол къадру хвеларо.