«ГIаммаб хьагинире» рарал щакалго гъурщал

Ахир пашманлъулел пирамидаби 
 
Гьал къоязда социалиял гьиназда ва Вотсапалда тIибитIун буго бигьаго гIарац щолеб пуланаб хIай. «ЧIегIераб касса» яги «ГIаммаб хьаг» абун цIарал лъураб хIай гIуцIун буго пирамидаялъул къагIидаялда. ХIаялъулъ гIахьаллъизе бокьараз пуланав чиясул банкалъулаб картаялде рехула 2400 гъурущ. Бигьаго гIарац щвезе бокьарас валагьизе ккола живго гIадин хIаялда гIахьаллъизе бокьарав чанго чи. Къокъабго заманалда жаниб 2400 гъурщил бакIалда микьго нухалъ цIикIкIун (19200 гъурущ) тIадбуссинабулин рагIи кьолеб буго гьеб хIай гIуцIараз. ЦIиял гIахьалчагIи ралагьизе кIве­чIо­ни, 2400 гъурущ кьурав хутIулев вуго хьул лъураб 19200 гъурущги щве­чIого.  Жинцаго кьураб гIа­рацги­цин тIадбуссинабизе гьесул рес бу­кIунаро. 
ХIаялда щиб цIар лъуниги, пирамидаялъул гIадабго ахир кколин гьелъулилан хъвалеб буго Инстаграмалда бугеб жиндирго блогалда предприниматель Мурад Алискеровас. ТIад буссине рес гьечIеб бакIалде гIарац кьечIого цIодорго рукIайин лъазабулеб буго гьес гIадамазда. 
Гьев предпринимателасде гIайи­базул «гъегъги» балеб буго хIаялъул гIахьалчагIаз. «ГIадамал махсараде кколеб пирамида бугин гьебилан дуца хъвайдал, хIаялда гIахьаллъизе бокьаразцин инкар гьабулеб буго. Гьелдалъун хIаялда гIахьаллъулел гIарацги щвечIого хутIулел руго», — ян хъвалелги камулел гьечIо.  
ХIиллачилъиялъухъ тамихI
 
Гьеб хIаялда гIахьаллъаразул гIемерисел рохунги гьечIо. Хасго росабалъ гIумру гьабун ругел гIадамазда гьоркьоб дагIба-рагIи кколеб буго. ЦIиял гIахьалчагIи ралагьизе бажаричIолъиялъ, цебе­ккун картаялде гIарац рехаразулгун лъикIаб гуреб хабарги кколеб буго.
Пирамида хIисабалда гIуцIарал гьединал жалазул кумекалда­лъун Россиялда гIадамал гуккиялъул мисалал цереги гIемер рукIана. Гьезда гьоркьоб дунялалдаго машгьурлъараб ва 15 миллион чи гуккараб «МММ» абураб финансовияб пирамидаги жеги кIочон батиларо халкъалда. С. Мавродица ургъараб хIай сабаблъун 50 чи живго жинцаго чIваялъул хIужабиги ккун рукIана. Дагъистаналдаги чанго уголовнияб дело гьабун букIана гьеб сабаблъун. 
Гьанжейин абуни, хехго бече­лъулеб къагIида ургъи гуребги, «пирамида» гIуцIарал хадур гъун руго уголовнияб тамихIалдаса жалго цIуниялъул рахъалдеги. ГIадада гуро щивас сбербанкалъул картаялде рехизе бегьулеб гIарцул къадарги 2400 гъурущ тIаса бищун бугеб. 2500 гъурщидаса дагьаб къадаралда гIарац бикъарасе яги махсараде ккурасе, законалда рекъон, уголовнияб тамихI гьабуларо. ГIемерисеб мехалда гIицIго административияб тамихIалде цIан тола. 
Лъазе ккола 1000-2500 гъурущ бикъарасда гIакIа къотIулеблъи яги 10-15 сордо-къоялъ туснахъ гьавулеблъи. Чанго нухалда гьединабго цIогь яги хIилла-рекIкI такрар гьабурал уголовнияб тамихIалде цIазеги рес буго. Гьединал хIужабийин абуни цIакъ къанагIат гурони кколаро. ЗахIмат бихьичIого щолеб гIарцуде хьул лъураз гьелъулги хIисаб гьабун батиларищха. 
Мунагьалде цIала бигьаял гъурщаз
 
Казахстаналда ургъарабин абулеб гьеб хIай ахираб заманалда нилъер улкаялъулги гIемерисел субъектазда тIибитIун буго. «ЧIегIераб касса» хIаялъул хIасил ахиралде щведал гIарзахъдулел чагIиги гIезегIан рукIине ругин рикIкIунеб буго юристаз. ХIаялъул гIахьалчагIи дагьлъидал, финансазул пирамидаго гIадин, гьелъул хIалтIиги биххичIого бу­кIи­на­ро. Гьединлъидал, хIаялъул ахирал­да гIарац кьуразда бичIчIизе буго жал махсароде ккураллъи. 
Щибго къо бихьичIого бечелъизе бокьаразул рахъалъ щибха абулеб исламияб диналъ? Масала, свалат-салам лъеяв МухIамад аварагасул хIадисалда буго нагIана бугин рибаялъул гIарац кванаразеги, рибачиясеги, гьеб босулелъул нугIлъи гьабулезегиян абун. Хирияб Къуръаналдаги буго (магIна): «Аллагьас рибачилъиялдалъун щвараб хайиралда баракат лъоларо, риба гьабун щвараб буго­лъиги тIагIинабула, жиндирго буголъиялдаса садакъаде кьураб жо жеги цIикIкIинеги гьабула», — ян («Бакъара» сурат, 275 аят).
ТIадехун рехсараб хIаялъул къа­гIи­даги рибалъун кколеб буго.  
«ГIаммаб хьаг» яги «ЧIегIераб касса» хIаялъулъ гIахьаллъулезда чияр гъин кваналел ругин жалилан ракIалде кколебго батиларо. Амма кида-къадги жаваб кьезе ккезе бу­кIин кIоченеги бегьиларо.