Новость на родном

ЦIцIаназда рас рикIкIун балагь рещтIаги

КIиго чIужугIадан квешго цоцалъ рагъанила. Руччабазул рагъалдаса гIасияб жо щибха букIинеб, ботIродаса цоцазул бетIун рас тIагIанила, гьурмаздаса хъарсун хъалги лъугIанила кIиязулго. Цо талихIалъ тIаде гIадамалги щун, ратIа гьарун рокъо-рокъоре щвезаюнила кIияйго. Гьединги хIебтIичIого, хадур тIохдеги рахун, цоцазде хьандезе, рогьрал разе лъугьанила гьел.— Зодоб цIва рикIкIун цIцIеги кьеги, цIцIаназда рас рикIкIун балагьги рещтIаги дуда, — ян...

Новость на родном

«Миллат данде къалеб гIарцул къадиро»

 «Миллат данде къалеб гIарцул къадиро» — гьадин абулеб буго Залму Батировалъ, Суракъат Асиятиловасе сайгъат гьабун хъвараб цо кочIолъ.Халкъияй шагIиралъул гьелго рагIабаздалъун къимат кьелаан дицаги, тIолалго магIарулал цого пикругун цого бакIалде данде ракIарулеб авар мацIалъул фестивалалъе.  Гьединаб байрам нилъер букIинчIо ва цоги гьечIо. Цояз абизе бегьула гьеб кечI-бакъан жубараб тадбиралъищ мацI цIунулебин, цогидал рекъечIого рукIине бегьула...

Новость на родном

Кумекалъухъ баркала

ЦIунтIа   24 февралалда радал ичIгоялде бащдаб хIалтIараб заманалда цIа рекIана ЦIунтIа районалъул Ма­хъалалъ росулъа ГъазимухIамад Гадаховасулги МухIамад МухIа­мадовасулги минабазда. ГIадамазул кумекалдалъун бажарана цIа свинабизе. Кумекалъе рачIун рукIана мадугьалихъ росабазул жамагIаталги. 35 километралъ рикIкIада ругониги, къварилъи ккаразде хехаб кумекгун тIаде щвана Кидиро, Шагьикь, Шаури, Хъебалъ ва цогидал росабалъа гIолохъаби. Хадурго цун рачIана цIа свинабулезул машинабиги. ...

Новость на родном

ЦIогьазде сарин

Миллион хъамурал хъурумсахъаздаХъапас балареб кин, кодор щваниги?Кварил кIичI рекъараб мукъулукъалда,Нах бахунеб кинаб квеш хьваданиги?   Бюджет бикьулелги гьеб бикъулелги,Кьурса рехулареб хабар-гIадлуйищ?Къануназда тIадги жал релъанхъулелМилицаби толеб туснахъ гьечIебищ?Чвантихъги балагьун хIукму къотIулебЦIогьабазул диван – Дагъистаналда.ЦIикIкIун бикъарасул гIакъил гьавулеб,ГIажаибаб хIукму – хIукуматалда. Огь, дир кереналъе квеш букIунеб куц,Ишалда рекъечIеб къотIи рагIидал.КъваригIун вугоан дида вихьизе,Жинца кьураб рагIул гIоркь кколев...

Новость на родном

Районаздаса харбал

Шамил    Районалъул больницаялда тIобитIараб медхIалтIухъабазул данделъи­ялда кIалъалаго, ЦРБялъул бетIерав тохтур Ибрагьим Халиловас хIисаб кьуна гьабсагIаталда районалда унта-щокълъиялда сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. — Районалда вуго 29542 чи. Гъоркьиса гьабуна 610 лъимер, хвана 180 чи. Диспансеризациялъ гъорлъе вачана 4931 чи ва 6309 лъимер. Гьебго заманалда районалда вуго онкологиялъ унтарав 177 чи. Лъимер гьабулеб ригьалда йиго 7329...

Новость на родном

Бардачок

МагIарухъ нижер росулъ жанире щвараб бакIалда рукIана цебе росдаца иргаялда лал тIамулел гьоцIаби, хадуб машинадул нух росулъе бахъидал, лал тIамулебги тедал гьенир нижер колхозалъул юк баччунел машинабиги, цогидаб техникаги букIунаан чIезабун. Дол лъабкъоялда анцIабилел соназ гъутаналдаса магIарухъе баччулеб ролъги, херги, кIалцIиги камулароан колхозалъул. МагIарухъа рехеги гьел машинаби чIорого унароан, хасго хаслихъе хур-хер жаниб буссиндал. ГIатIиракьалда...

Новость на родном

«Армиялъулаб чемодан»

5-21 февралалда Дагъистаналъул школазда тIобитIана «Армейский чемоданчик» абураб акция.Гьеб гIуцIун букIана ВатIан цIунулесул къоялъул хIурматалда. Гьелда гIахьаллъана 40 азаргоялдаса цIикIкIун цIалдохъан. Тадбиралъул гIуцIарухъабилъун ккола ДРялъул ГьитIинаб академияги Россиялъул цIалдохъабазул хIаракатчагIазул (РДШ) регионалияб отделениялъул Сурсатазул центрги.   РДШялъул жигарчагIаз школазда гIуцIана батIи-батIиял тадбирал, тематикиял выставкаби, ветераназулгун дандчIваял. Тадбиразул цояблъун букIана «Армейский чемоданчик» абураб акцияги. Гьениб цIалдохъабазда...

Новость на родном

Дагъистан – чIел босаразда гьоркьоб

Улкаялда исана ичIабилеб нухалда тIобитIулеб буго «ЧIагояб классика» абураб пасихIго кечI ри­кIкIиналъул къец.Бищунго жигараб гIахьаллъи гьабурал регионазул сияхIалда буго Дагъистанги. Ахирал соназда рехсараб къецалъул финал тIобитIула Москваялъул БагIараб майданалда. Марталъул ахиралда гьабизе буго къецалъул хIасилги.    Жюриялда цадахъго, къецалъул хIасил гьабиялъулъ гIахьаллъизе руго Москваялъул Борис Щукинил цIаралда бугеб Театралияб институталъул педагогалги. Экспертаз бищунго пагьмуялин цIар...

Новость на родном

МацIихъабазе дугIа

ЧIварав нижехъа кIиго гIолохъанчиясул, гьел хванин кагътал кьечIого, бесдал хутIарал гьезул лъималазе пенсия гьабун букIана дица, бегавуллъун хIалтIулев чияс. Гьебги кколелъубе щвезабун, дун кIиго моцIалъ туснахъалда лъун вукIана. Гьенир хъварал мухъал руго гьал.   Дий хIукму къотIараз къанщайги берал,КъватIул гьойдул гIадин, гIакълуги босун.ТIаса гIарза хъварал хъубал гIадамалХъорщол ящикалъур щула гьареги. Дун тIаде вегулел гьал цIулал...

Новость на родном

70 сонил борхалъи

    25 февралалда ДГМУя­лъул гIелмиябгун лъай кьеялъул инновациязулаб централда тIобитIана профессор ГIабдурахIман ГIусмановас 70 сон тIубаялде сайгъат гьабураб, «Медициная­лъу­лаб лъай кьеялъул ва сахлъи цIуниялъул кIвар бугел масъалаби» абураб республикаялъулаб гIелмиябгун практикияб конференция.   Гьениб ГIабдурахIман ГIусмановасул хIакъалъулъ бицана ДГМУялъул ректор, профессор Сулейман Мамаевас, ДГМУялъул гIаммаб хирургиялъул кафедрая­лъул нухмалъулев Расул Ма­жидовас.    ГI. ГIусмановас Дагъистаналда...