МухIамад Дудуевасулгун дир лъай-хъвай кIиго соналъ цебе ккун букIана. Казбек районалъул Дилим росулъ тIобитIулеб букIана «ХIакъикъат» газеталъул къо. Байрамалде вачIарав гIолилас рикIкIараб Расул ХIамзатовасул «МагIарулай» поэмаялдаса бутIаялъ битIахъего асир гьаруна гьенир киналго. Анищалъул цIваялда хадув Щуго сон барав чи вукIана гьев, тIоцебе Авар театралъул спектакль сценаялдасан бихьараб мехалъ. Росулъе бачIараб Авар...

