Новость на родном

ГIалимзаби-бусурбаби

    Физика  Ал-Хазинил хIакъалъулъ нилъеда гIемераб жо лъаларо. ХI-ХII гIасрабазда гIумру гьабун вукIарав гьес хъвараб «Мизанул ХIикмат» абураб тIехь цIакъго машгьураблъун рикIкIуна. Гьесухъа бажарун буго гIемерал веществабазул бакIлъи борцун. Бируницайин абуни (978-1051) 18 веществоялъул гурони бакIлъи борцун букIинчIо. Гьесго борцун букIана гьаваялъул массаялъулги объемалъулги гьоркьоблъи.  Атомалда гъорлъ кутакаб къуват бакIарун букIин ва гьелъул ядро...

Новость на родном

Дагъистаналъул тарихалда – 300 магIаруласул цIар

Машгьурал гIадамал   Магаева ПатIимат(1949) Магаева ПатIимат – Дагъистаналъул халкъияй артист, ДРя-лъул ва РФялъул культураялъул мустахIикъай хIалтIухъан.Гьаюна 1949 соналъул 22 июлалда Унсоколо росулъ, магIарул театралъе кьучI лъурав Дагъистаналъул халкъияв артист, РСФСРа-лъул мустахIикъав артист Магаев ГIабдурахIманил хъизамалда.ПатIимат ккола машгьурай кочIохъан. Гьелъ ахIула магIарул халкъиялги гьанжесел поэтазулги кучIдул.Бищунго лъикIазул цояллъун рикIкIуна гьелъ ахIулел Афгъанистаналда хъулухъ гьабуразе сайгъат...

Новость на родном

Суратал ратана анцIго соналдасан

    АнцIго соналъ цебе Норвегиялда фотоаппарат билун букIараб Голландиялдаса хъизамалъухъе нахъе щвана отпускалъул заманалда рахъун рукIарал жидерго суратал.Ралъдал рагIалда гьеб фотоаппарат батун буго немцазул туристасда. Гьесухъа бажарун буго бекараб фотоаппараталъуса, «ракIалдачIеялъул» карта нахъе бахъизе. Гьеб картаялда букIараб цо сураталда туристасда бихьун буго Голландиялъул номерал ругеб автомашина. Гьес полициялда гьарун буго, фотоаппарат ва суратал тIадруссинаризе,...

Новость на родном

БурутI

ЦIиял тIахьал   Дагьаб цебегIан къва­тIибе бачIана ПатIимат МухIамадовалъул лъи­малазе хъвараб «Ми­лъиршаби» абураб кучIдузул тIехь. Па­тIимат МухIамадова гьаю­на Хунзахъ райо­на­лъул Харахьи росулъ. Хъвадаризе гьелъ байбихьана гьитIинго. П. МухIамадовалъул кучI­дул рахъана «Рос­дал захIматчи», «ХIа­къи­къат» газетазда. Басмаялда рахъана «Щобил горо», «ТалихIалъул чIо­рал» абурал тIахьал. Гье­лъул поэзиялъ хасаб бакI ккола лъималазе хъварал кучIдуз.  ПатIимат ккола Россиялъул Хъвадарухъабазул союза­лъул...

Новость на родном

Щуго хъаз

(Байбихьи 5-абилеб  номералда)   — Хъаз бикьаралъухъ гьаб дие букIине ккола! – ян абунила гьес.  Ханасда гьесда абизе жо лъачIила. Рокъове унелъу­л гьесие къали цIун бугIа кьейилан лъазабунила.  Анила заман. Гьеб лъугьа-бахъин рагIа­нила мискинчиясул сихIирав ва бечедав мадугьаласда. Гьесдаги ракIалде кканила ханасдасан къиматаб сайгъат щвелародаян.  Хъунила гьес щуго кьарияб хъаз, режанила. Цинги гьел росун, ханасул...

Новость на родном

ДОСААФ – щибаб муниципалитеталда

Араб гIасруялда щибаб районалда букIана ДОСААФалъул отделение.Гьелдаго цадахъ школаздаги ругьун гьарулаан лъимал кьвагьдезе. Цадахъго тIоритIулаан ватIан бокьиялъул мурадалда тадбиралги. Гьел идарабазул кумек букIана армиялда рагъулаб хъулухъ тIубазе гIолилал хIадуриялъеги. Гьанже гьеб кинабго хIалтIуде нуцIа къан буго. Гьелъие гIилла щибилан абун дица цIехана республикаялъул ДОСААФалъул нухмалъулев Шамил ГIалиевасда. Гьес жаваб кьуна, гьеб хIалтIи районалъул нухма­лъиялда тIадкъан...

Новость на родном

Лъай кьеялъул хIаракатчагIи

ЧIарада районалъул ЦIулда росдал аслияб лъай кьеялъул школа­лъул учительзабаз хIаракат бахъула цIалдохъабазе камилаб лъай кьезе.Гьединазул мухъилъ йиго Хадижат Бариеваги. 2004 соналда ДГПИялъул географиялъулгун туризмалъул факультетги лъугIизабун ячIарай гьелъ кIвар кьола цIалдохъабазул лъай камил гьабиялде, умумузулгун бухьен щулалъизабиялде. Щибаб соналда районалда тIоритIулел олимпиадабазда цересел бакIал ккола Хадижатил цIалдохъабаз.  2016 соналда гьей гIахьаллъана «ЛъагIалил учитель» абураб районалъул...

Новость на родном

ЧIиркъатIаса «компьютер»

ЧIиркъатIа росулъа ХIадисов МухIамад вуго хIикматав инсан. ГIумруялъул кIудияб ригьалде вахун вугониги, гIадан бахилаб рекIел цIодорлъиги буго гьесул. ЧIиркъатIа кканщинал лъугьа-бахъиналги лъала гьесда. Росдал тарихалъе материал бакIарулаго, гьесдасан гIемераб кумекги щвана дие. ГIажаиблъизе ккараб жо, росулъ ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ мухIканго бицуна къо, моцI ва сон.   МухIамад гьавуна 1938 соналда. Рагъда хадусел соназ цIалул ургъел...

Новость на родном

Багъарараб хIатIида хIарщ рекIуна

Богатыревкаялда «ХIакъикъат» газета хъваялъул хIакъалъулъ бицине бокьун буго. Гьаб макъала хъвалалде цевеги дун щвана почтальоналде аскIове, гьикъана чан чияс газета хъван бугебилан. Гьелъ кьураб жаваб рагIидал, расги лъикIаб хIалги лъугьинчIо.   Богатыревкаялда гIумру гьабун ругезул гIемерисел ккола магIарулал. 600-700 цIараки бугеб гьеб росулъ хъван буго 9 газета. 2019 соналда хъван букIун буго 6-яс.  Газеталдасанги радио-телевидениялдасанги...

Новость на родном

Ракалдаса бергьарай

Гьал къоязда нижер мухбир Нури Нуриевас гара-чIвари гьабуна рак унтиялда къуркьизайизе кIвечIей, гIумруялъулги гIадамазулги къимат гьабизе лъалей, букIинеселде хьулгун балагьулей Жарият ГIалиевалъулгун. Гьелъ бицана захIматаб унтигун жакъа къеркьолей йигеб къагIидаялъул хIакъалъулъ.   — Жарият дулъ рак унти кин тIатараб, гьелъ кинаб асар гьабураб ва гьелдаса хадуб кин хисараб дур гIумру? — Рак унтиялъ хвана дир...