Бельгиялъул гражданкаги Дагъистаналъул наркоманалги

ГьанжегIагар МахIачхъалаялъул СИЗОялде щвана ДРялъул ЖамгIияб палатаялда цебе гIуцIараб жамгIияб халкквеялъул комиссиялъул (ОНК) нухмалъулев ГIумар ГIумаров. Гьесда цадахъ вукIана инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъ республикаялда бугеб официалияб вакиллъиялъул аппараталъул хIалтIухъан Руслан Сулеймановги.

 

Гьез гара-чIвари гьабурал туснахъазул цо-цояз жамгIиял хIа­ра­катчагIазухъе кагътал рачIун рукIана жидее гIолел-гIоларел рахъазул бицун. 
Масала, мугъзал гьодалъе жа­гъаллъи бугев жив туснахъалъул больницаялде вачунев гьечIилан гIарз бахъана туснахъазул цояс. 
 
Ришватчилъиялда данде къеркьеялда бан республикаялда байбихьараб компаниялъул заманалда туснахъ гьарурал хъулухъчагIазда гьоркьове ккана гьев. 
Цин ДРялъул хIукуматалъул минаялдаги хIалтIун, хадув ЗахI­маталъулгун социалияб цебе­тIея­лъул министерствоялде тIамун вуго. Гьенисан вачун жанив лъун вуго «Путь к сердцу» абураб НКОялъе 127 млн гъурущ биччаялъе квербакъун бугинги абун. Амма жинца нухмалъи гьабулеб отдела­лъул бухьенцин букIинчIин гIарцул суалалдехунилан бицана гьес. Гьанже гьеб битIарабищ-гьересийищали чIезабизе анцIго адвокатги ккун вукIун вуго гьес. 
 
ЖамгIиял хIаракатчагIаздасан гьесие къваригIараб кумек букIана сахлъи щула гьабизе медучреждениялде витIизави. 
Руччабазул камераялда гьезда ятана Бельгиялъул гражданка Аеза ХIажиханова. ГIодулаго бицана гьелъ жийго МахIачхъалаялда махсараде ккураблъиялъул. 
 
Эбел татарай, эмен лезгияв рагIула гьелъул. КIудияй гIедал, Бельгиялдаса бахъарай ячIун йигоан гьей эмен валагьизе. Жеги ватун гьечIо. Гьелъие кумек гьабулеб букIун буго Мурад абулев цо гIолохъанчияс. Цинги гьевги рекIее гIун, Аезада ракIалде ккола Бельгиялда бугеб тукенги бичун, МахIачхъалаялде яхъине. Яхъу­на. Гьаниб гьелъ босула — ралъдал рагIалда – ункъо коттеджги, рес­торанги, тукенги. Цо заманалда Мурадил хъизаналда махI чIвала гьеб жоялъул. Лъилали телефонги меседил рахасги бикъун бугилан, жий жаний тIамизе хIаракат ба­хъанин Мурадил чIужуялъилан гIод-гIодун йиччана Аеза. 
ОНКялъул нухмалъулев ГIумар ГIумаровас рагIи кьуна гьелъул цIех-рех гьабизе. 
 
ГIезегIан гIолохъанал руччаби ругоан наркотиказе гIоло туснахъ гьарурал. Цо-цоязул россалги ругоан мадугьалихъ камерабазда. ТIаде балагьун берцинал, жидедаго хадуб хъулухъ гьабулел ясал рукIана гьел. Гьез бицунеб жоги цого бугоан – россалгун цадахъ унеб мехалда полициялъ чIухьбана гьезул чунтбузухъ, цинги «за соучастие» абун, жалги лъунила жанир (жидехъ наркотикал рукIинчIониги). 
Гьединго терроризмалда хурхарал статьябазда рекъон жанир тIамуралги ругоан. Масала, ЦIунтIа районалдаса ХIабиб ХIажиев. ГIумру гьабун Комсомольское росулъ буго гьезул хъизан. Лъабго лъимерги чIужуги йиго гьесул. Таксистлъун хIалтIулевги вукIун вуго. ЛъагIелгун бащдаб заман рагIула гьев туснахъ гьавун. Гьебщинаб мехалда жаниб цониги нухалда цIех-рехалъул цогIаги тадбирги гьабун гьечIо. 
 
ХIабиб ХIажиевас бицана чанго соналъ цебего полициялъ жинда тIаде босизабулеб букIанила жиндихъ граната батанин абураб гIайиб. Амма жив мукIурлъичIила. Гьанже гьеб жо бецIулел ругила дол. 
Цойги йиго гьений Болъихъ районалдаса гIолохъанчIужу, Египеталда вугев дурцасул карточкаялде гIарац битIунилан туснахъ гьаюрай. 
«Дида лъаларо щиб ккарабали, амма нижер дурц цIех-рехалда вукIинчIо, гьукъараб рагъдаги гьев гIахьаллъичIо. Гьес чанго карточкаялъул номер битIун бачIун букIана гIарац рехизе бегьулеб. Гьезул цонигиялъул бетIергьан вукIун ватилаха хасал хъулухъаз хадуб хал ккурав», — илан бицана гьей гIолохъанчIужуялъ. 
 
Туснахъазе чIезарурал шартIазул хал гьабулелъул, богорокъор дагьа-макъалго гIунгутIаби ратана ОНКялъул нухмалъулесда. Гьев вачIараб заманалда хIалтIулел ратичIо белъараб гьанал кескал цIалел электронниял цIадираби. Цереккунго гъулбасал лъун ратана туснахъазе хIадурараб кванил хIалбихьун хадуб хъвай-хъвагIай гьабизе кколеб журналалдаги. 
Гьединго жалго туснахъазул цояз абулеб букIана жидее цIарагI ва чIабар чурулел жал хIажат ругиланги. Дербенталдаса цо гIолохъанав наркоманас гьарулел рукIана художествиял тIахьал.