Цо коцонир кьабун киналго кIутIби…

ГIаданги дунялги хисулел руго хадур гъолареб хIалалъин абула ни­лъеца. Абулаго гьеб чваххиялъ нилъгоги хъамулел ратула. ГIажаиблъу­ла тIорщалил магь баччун уней чIужугIадан йихьидал, гьоцIиб тIамулеб лал жеги бугин рагIидал, лъилниги рокъоб цIунун некIсияб цагъур батидал. Шагьаралдаса магIарухъе гочун бараб 12 соналда жаниб, хIалтIул къваригIелалъ цо-цо гIедегIун ячIун къасиялде нахъюссуней дида гьаб шагьаралъул гIумру бихьунго букIун гьечIо. КIудияб хIикматлъун къабул гьабула, магIарулазе гIадатияблъун букIараб ретIа-къаялъул чи шагьаралда дандчIвани, бахиллъула рокъоб рахьдал мацI бицунел лъималазда, чIухIула болмацIалъ кIалъалел гIолилаздаса. Амма лъиего гIажаиблъи гуро цIвакараб нодоялъул, рукIкIалаби хъвачIеб гьумералъул гIуцIа-кIутIарай кIодоэбел, кIутIбузул риццалъиялъ гьурмал сипат хисарал ясал.

 

Нилъго берцин рихьизе бокьиялъ гIорхъолъа рорчIулел гьечIищ ру­ччаби? Соназул сиялъ толел лъалкIал-рукIкIалаби, Аллагьас бижараб куц-мухъ хисизаби, бусурбанай чIужугIаданалъ гIадатияб жолъун къабул гьабизе кин гьеб бегьулеб?! Сунца тIамулел ругел ригьдаса унел руччаби балагьизе ракIкъараб хIалалъ жидер кIутIби, кIаркьаби понцIозаризе. Щиб гьезие гьелдалъун бокьараб?
Гьел суалалги рехсон «ботоксалъул эпохаялда» дагьалго жанире раккизин. Россиялда ботокс хIалтIизабизе байбихьун къогогIан сон буго. Байбихьуда соназ толел лъалкIал — рукIкIалаби рацIцIунел рукIана гьурмадаса актераз, кочIохъабаз. 
 
Мадина — тохтур: «ЛъагIалида жаниб кIиго нухалъ гьабулаан цебе дицаго ботокс кIутIбузда сверухъ, нодоялда. Гьумер цIвакизабизе бокьиялъ хъалалъе биччалеб жоялъул черхалъе бугеб заралалъул, сахлъиялъе бугеб хIинкъиялъул пикру гьабулароан. Америкаялдаса бачIараб жо загьруги дарулъун бихьулелъул нилъеда.
ГIолохъанго йихьизе бокьи — гьеб щияй чIужугIаданалъун анищ батила. Бигьаго гьедин берцинлъизе бугеб ресалдаса пайда босичIого телищха. ГIемер лъикIаб бицинчIого разилъула руччаби гьелде. Гьелдаго цадахъ буго хъантIиги, гьел операциял, процедураби гьарун щолеб хайир кIудияб буго. Гьумер-черх гIолохъанлъизабулел гIемер къагIидаби руго нилъер заманаялъ.
 
Релъулеб, гIодулеб, рохел ва пашманлъи гьурмада загьирлъулеб асар лъугIизабулеб буго рукIкIалаби ритIизаризе гьаналъе риччарал жалаз. Берцинлъизеян гьабураб гьелъул гIаксалда ккеялъул мисалалги цIакъ гIемерал руго. Жиндир заманалда чIезе лъалеб гьечIо, жеги цIикIкIун гьабулеб буго. Цебе лъагIалида жаниб цо-кIиго нухалъ гьабун гIолаан. Гьанже лъабго моцIидасан гьабизе кколеб буго. Щибаб цIияб жого гIадин, ботоксалъул ва гьелдаго релълъарал препаратазул даража гIодобегIанлъулеб, хвезабулеб буго. Дир махщелцояз бицуна руччабазе пластикаялъул операциял гьариялъулъ лъабабилеб бакI кколеб бугин кIутIби чIахIа гьариялъ. ТIоцебесеб ва кIиабилеб гьаниб бицине цIакъго намусал руго. Африкаялъул чIегIераб тIом бугел руччабазда релълъинарулел руго жалго, кIутIби гурелги лугбалгицин хисизарун».
 
ГIайшат — маданияталъул хIа­ракатчIужу: «Гьалмагъалъул васасул берталъ йихьана цеего лъалей йикIарай кочIохъан. БитIараб бицани, дида гьей лъачIо гьаркьидаса гурони, лъалеб хIалги хутIун гьечIоан сипаталъул. Цее гьей йикIана узданай, магIарулай йикIин лъалеб хаслъиялъул яс. «Жиндирго талихIкъин буго пакъиралъул», — ин угьун биччана дида аскIой гIодой чIарай цIикIкIарай гIаданалъ. «КочIохъабаз гуребги гьабуларого батиларо гьеб «ремонт» батIаго. ХIижаб тIад къаразулги чанги бихьанагури гьаниб гьедин къачIалаго хвезабураб куц-мухъ». Гьел гIемерлъиялда гурищха гIажаиблъиго гIолеб бугеб. Нухлул низамги хвезабун, хъамун машинагун хьолбохъан гьел индал, хьамиялъул калам борчIулеб рагIана бихьиназул кIалдиса».
 
СалихI — таксист: «Руччаби рулалда нахъа рукIиналъ бугебщинаб квалквал нухазда, кIутIбиги понцIорал, бетIерги гьодорал. Жинде бихьинчиясул балагьи буссине гьабулеб жоха, бихьиналгойищ гьазул рокъор гьечIелали лъаларо. ГIажаиблъи, берцингIаги киндай бихьулеб гьезда, дирни ракI багъарула маймалакалъул нахъаса рахъ гIадаб куцалда».
 
МухIамадгIали — гIолохъанаб хъизаналъул бетIер: «Гьединал ясазул рахъалъ бихьиназул лъикIаб пикру букIине рес гьечIин ккола дидаго. Сурукъ бихьун гурони, жеги беццулеб рагIичIоха. Гьездаго релълъараб хьвада-чIвадиялъул бихьиназе бокьулеб батизеги бегьула.. Сах-саламатав инсул ясалъ, магIна бугев росасул чIужуялъ гьеб гьабиларо. ЧIужугIаданалъул тIадагьлъи, гIакълуялъул мукъсанлъи, рокъосел бихьиназул къвакIи гьечIолъи тасдикъ гьабула гьединал хиса-басияз. ПалхIасил — гьезул рахъалъ бихьиназул пикру цIакъго тату хвараб буго.
Дица гьединай яс ячинароан, ячунелги ричIчIуларо. Гьел ясалго гIадал тIадагьаб гIакълуялъул улбузул васазда берцин бихьулеб батилаха гьеб мода». 
 
Майсарат — мугIалим: «БитIараб бицани, цояз цогидал цIала гьеб нухде. Университеталда цадахъ цIаларал ясалгун мех-мехалъ данделъула ниж. Аслияб къагIидаялъ гьаб хабар букIуна — лъица мегIералъе операция гьабураб, кире ун кIутIби къачIарал, щиб салоналда рукIкIалаби ритIизарурал. Диде тIаделъула нодо битIизабулареб щай, мегIер гьитIин гьабулареб щаян. ГIолохъаби гIурал лъималазда цее кин дун йикIиней куцги хисизабун, какие сужда чIвалелъул Аллагьасдаса нечеларищ? КигIанго дие гьел гьалмагъзаби рокьулел ругониги, мех-мехалъ рекIекълъула дандчIваялде иналдаса. Гьез рикIкIунеб буго рицатал, чIахIиял кIутIби берцинлъиялъул гIаламат бугин.  
ГанчIил гьабураб гIадаб, рохел яги пашманлъиялъул асар тIад загьирлъуларел дугъдарал гьурмал жидеегогIаги кин рокьулел?»
 
Хадижат — исламалъул дарсал кьолей мугIалим: «Исламалъ изну кьолеб буго чIужугIадан къачIа-кIатIазе жиндирго росасда берцин йихьизелъун. Гьединго гьукъараб гьечIо махIрамиял бихьиназда цее, цохIо руччаби ругеб бакIалда гвангъараб ретIел ретIине, гьурмада релъен бахине.
Исламалъ гьукъун буго сахлъиялъе зарал кколеб хIалалъ жиндир лага, Аллагьас бижараб сипат хисизабизе. Чурун нахъе унареб релъен гьурмада гьаби, тIомода тIад сурат бахъи (татуировка), кIутIби рица­лъизарулеб операция — гьел хIарамал рукIин лъала хIакъикъиял бусурбабазда. Гьел руччабазул гIемерисезда гIорхъиго лъалеб гьечIо. Дир хIисабалда, гьезулъ лъугIулеб буго магIарул чIухIи, яхI-намус. Исламалъ кIодогьаюрай чIужугIадан гьелъ жинцаго гIодоегIан, учузлъизаюлей йиго. Гьелда цадахъго учузлъулел руго гьелъул сверухълъиялда ругел бихьиналги .. ГIадамазда цее сурукълъиялъул, Аллагьасда цее гIодоегIанлъиялъул гуребги, жиндир сахлъиялъе кколеб заралалъул пикруго гьабулеб гьечIо гьелъ. 
 
ШаргIалъул нух ккурав бихьинчияс гьеб биччаларо, чIужугIаданалъги гьабиларо. Нилъер гIадаталда, исламалда данде кколареб гIамал гьаби бегьулеб жого гуро. БетIергьанас бижаралда гIей гьабичIолъи гьеб илбисалда цадахъги рилълъин, гье­лъие бокьухъе рукIин гурищ? Сахлъиялъе, чиясул гIумру гьабиялъе захIматаб сакъат­лъи бугони гурони сипат, лугбал хисизаризе бегьуларо. Жеги росасе инчIел ясазцин гьабулеб буго куц хисизе. Гьезул эбел кин ургъулей, эмен кинав?»
 
МухIамад — хирург: «Дармилаб къагIидаялъ ботокс, ксеомин, диспорт абулел препаратал хIисабалда рукIкIалаби ритIизариялъе хIалтIи­зарулел жалазул хIинкъи буго бе­разул, гIадалнахул сахлъиялъе. Гьелдалъун тIуранго бецлъиялъул ва инсульт ккеялъул хIужаби ру­кIин чIезабулеб буго чанго улкаялъу­л сахлъи цIуниялъул гIалимзабаз. Гьу­мер, лугбал хисизариялъул иш гьабулеб буго хасаб лъай ва хIал­бихьи гьечIел гIадамаз, хас гьабун хIадуричIел щакал бакIазда. Гьедин гьурмада гьабураб процедураялъ инсанасул сахлъиялъе сах гьабизе кIолареб зарал, хIатта хвеялъул хIужабигицин кколел руго. ГIадалнахуда ва инсанасул гьурмада гьоркьоб бухьен хвезабулеб буго. Гьелдалъун чиясул рохел — пашманлъи гьурмада загьирлъулеб гьечIо. Гьединго сипат гьетIун, хисун, цебе­ккун букIинчIеб сурукълъи лъугьунеб буго, хIатта кваназе захIмалъулеб буго. 
Нилъер руччабазда дица абилаан: гIемерал харжалги гьарун нужерго сахлъиялъе заралалъе хIалтIугеян». 
 
Каримат — кийниги хIалтIуларей ригь арай гIадан: «Лъицаниги кьоларо дие 63 сон, бицаниги божуларо. Квен гьабулелъул рахьдал, бахчаялъул, пихъил нигIматазул хутIа-сутIараб жо гьурмада, кверазда бахунеб букIана дица кидаго. Мунагьал чураяй дир якьад йикIана кутакалда берцинай гIадан. Гьелъха дун рекIеда ятизаюрай. ГIумру шагьаралда аниги, жеги цониги салон абулеб жо дида бихьичIо, пудра-кремалги дир рукIинчIо». 
 
Ахиралдаги. Бащдаб гьумер цIурал кIутIби гIемерал рихьулел руго нилъеда интернеталда гуребги. Гьел руччаби-ясазул гIумруго гIазабалде сверула.. Гьеб мехалъги гIайибияллъун тохтурзаби гьарула, жидерго гIакълу гьечIолъиялъе мукIурлъуларо. БетIергьанас кьураб сипат берцинго цIунани, сахлъия­лъеги хIинкъи букIинаро, мунагьазукьеги ккеларо.
Гьуинаб хабарги бицун, квешлъиялде чи цIаялъул кIудияб мунагь буго, хъачIго бугониги, ритIухъаб, хIарамалдаса цIуниялъе рагIи бицунесе даражаги буго. Тавбу гьабун квешалдаса руссине гIакълу кьеги Аллагьас.