Новость на родном

ХIакимчиясул гIадал калошал

 Дагъистаналъул ракьалда тушманас хIетIе лъечIо, амма рагъул кьогIлъиги, гьелъул къварилъаби­ги къулчIизе ккана мугIрузул кина­б­го халкъалъ. Ракъиги, квачги, ра­гъалъ кIурулеб халкъги, руччабазул, херазул, захIматаб хIалтIиги хIе­хьезе ккана нилъер умумуз.  ПатIимат гьаюна Дагъистаналдаги тIолго дунялалдаги Расул ХIамзатовас цIар инабураб ЦIада росулъ. Эмен ПатIиматида лъазего лъалароан. Гьев хун вуго ясалъул кIиго сон бугеб мехалъ. Рагъ байбихьараб мехалда гьелъул...

Новость на родном

Баркалаялъул кагъат

Гьаб ахираб заманалда «ХIакъикъат» газеталда гIа­дамаз гьарулел лъикIал хIал­тIабазул хIа­къалъулъ хъвалел макъалаби гIемерлъулел руго. Дицаги хIукму гьабуна дидаго лъалеб ва бихьаралъул цо  гьитIинабго макъала хъвазе.  Нилъее бищун къваригIунеб­лъун дица рикIкIуна берзул канлъи. Канлъи дагьлъидал дица хIукму гьабуна беразул тохтурасухъе ине. МахIачхъалаялда бугеб беразул поликлиникаялда дун ккана Гъойтиева Наида абурай тохтуралъухъе. Гьабуна операция ва дир бералда...

Новость на родном

РагIи хисичIого, бачIараб хIалалъ

«ХIакъикъат» казияталъул бетIерав редактор ГIумаханов ГIумаханихъе   Исана анлъабилеб марталда къватIибе бачIараб «ХIакъикъаталда» бахъун буго «КIОДОЛ КВЕРАЛ» абураб дир кечI. Квербакъарав мун ватилин ккола. Гьениб «Бархатные ручки» крем бихьичIел» абун хъвараб мухъ «Кверазда бахунеб кремго бихьичIел» абун хисун хъван буго. КечI «Гьудуллъи» журналалдаги бахъун букIана. Гьеб цIалана Хъвадарухъабазул союзалда ругел шагIирзабаз, хиса-баси гьабизе кколин абулев...

Новость на родном

Расул ХIамзатовас тIогьол гул кьурай

ГьитIинго кечI-бакъаналъе гьунар бугей гIадан йикIана Шамил районалъул Ругъелдаса Аминат Давудова. Школалда цIалулеб мехалдаго гIахьаллъулаан гьей росулъ тIоритIулел батIи-батIиял тадбираздаги.   — Доб мехалда сундулго рахъалъ къанагIалъи букIана, — ян ракIалде щвезабула Аминатица.  — ГIемерисел учительзаби рукIана къватIиса рачIарал. ЦIализе лъикIай йикIаниги, хадуйккун цIализе дие рес щвечIо. Ясал жалго росу тун къватIире ритIулеб гIадат букIинчIелъул....

Новость на родном

Эбелин нусалъ абун, ясилан якьад кIалъан

Газетаздагун журналазда хIалтIулел чагIи гIемер щола рикIкIадал росабалъе, дандчIвала батIи-батIиял гIадамалгун. Гьединаб буго мухбирзабазул хIалтIи. Бокьаниги бокьичIониги, командировкайин абун тIад хъвараб кагъатгун сапаралъ рахъинчIого тIураларо. Гьедин, цо пуланаб росулъе щведал, умумузулго рукIарал гьалбадерихъе ана сордо базе. Рукъалъул хважаин хваралдаса лъикIаланго заман ун букIаниги, гьесул васас дун цIакъ лъикI къабул гьавуна, кваназавуна ва хабар-кIал бицун хадув...

Новость на родном

Учителасда нахъа эхетараб кьуру

2017 соналда Ленинкенталъул №35 гимназиялде щвана РФялъул лъай кьеялъул министр Ольга Васильева. Гьениб гьабулеб хIалтIулгун лъай-хъвай гьабун хадуб гьелъ гьадин абуна: «Дагъистаналда буго улкаялдаго хIалбихьи тIибитIизабизе мустахIикъаб школа – гьеб ккола Ленинкенталъул №35 гимназия», — ян абун.   ДРялъул ва РФялъул мустахIикъай учитель, ЛъагIалил директор, РФялъул учитель-методист, «Россиялъул бищун лъикIал гIадамал» абураб медалалъе мустахIикълъарай Чакар...

Новость на родном

Суалал-жавабал

ЛъаратIа районалдаса С. ЖахIбаровас цIехолеб буго: «Электросчетчик абонентасул гIайибалдалъун хун гьечIони, гьеб лъица хисизе кколеб, идараялъищ яги живго хважаинасищ?»   Гьаб суалалъе жаваб кьуна Шамил районалъул токалъул под­стан­ция­лъул мастер МухIамад Му­хIа­ма­довас:    — Байбихьуда лъун рукIарал, механикиялин абулел, чIегIераб кьера­лъул токалъул счетчикалги «Меркурий» абулел счетчикалги хун ратани яги лъикI хIалтIулел ратичIони, хисизе ккола живго хважаинас....

Новость на родном

МагIарухълъи

ГIахьвахъ   Гьал къоязда районалда «БахIар­зазулгун гара-чIвари» абураб проекталда рекъон, КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIазул лъудбузулгун ва тылалъул захIматчагIазулгун дандчIваял тIоритIана.  КIудиябросу ва ТIукитIа росабазул руччабазул советалъул вакилзаби, учительзабигун цIалдохъаби тылалъул захIматчагIазухъе щвана. ВатIанияб рагъул гIахьалчиясул лъади КIудиябросулъа Булбул Шариповалъ ва тылалъул захIматчIужу Меседо Турачевалъ бицана жидецаго хIехьезе ккараб кьогIаб къисмата­лъул хIакъалъулъ.    Рагъул кьогIлъи щвана...

Новость на родном

Зарядкаялде — 800 чи

«Трезвая Россия» абураб федералияб проекталда рекъон, Унсоколо районалда тIобитIана гIаммаб зарядка.Гьелда гIахьаллъана районалъул администрациялъулги  Шамилхъала поселокалъул лъай кьеялъул идарабазулги вакилзаби ва поселокалъул гIолилал. Акциялъул гIахьалчагIазде саламалъул хитIаб гьабуна рехсараб проекталъул Дагъистаналда вугев координатор Шамил ГIалиевас. Гьес баркала кьуна проекталъул рахъ ккуралъухъ.   Акциялъул ахиралда киналго гIа­хьалчагIазе рес щвана «чемпионасул радал квеналъул» хIалбихьизе.

Новость на родном

МугIрузда ругин абун рехун тезе бегьилищ?

Дагъистаналъул тIолабго халкъалъул, хасго мугIрузда ругел гIадамазул киданиги букIинчIо бигьаяб гIумру. Амма дица абила цогидазда бихьичIебги бихьанин цIунтIадерил халкъалда. Гьединлъидал, 1930 соналда ЦIунтIа район гIуцIи нижер умумуз къабул гьабуна гъираялда ва кIудияб хьулгун. Амма гьеб рохелги халат бахъинчIо.   1944 соналда, пачалихъалъул тIалъиялъул хIукмуялда рекъон, чачаналги ингушалги хIал гьабун гочинаруна Гьоркьохъеб Азиялде. Гьезул ракьалде, лъилго...