Республикаялъул Динияб идараялъ баркала загьир гьабуна гIидалъул къоялъ халкъ къватIибе бахъинчIого чIаралъухъ. Рокъоса къватIире рахъунгеян гIадамазда гьарулеб бугелдаса кIиго моцIидасаги цIикIкIун заманги бана. Амма гIемерисез гьеб гьариялъул сан гьабичIо. Сордо-къо батIа гьабичIого добе-гьанибе женжелеб букIана халкъ. Гьелъул кинаб хIасил ккарабали гьаниб такрар гьабиларо. Хваразулги захIматго унтаразулги хIакъалъулъ баян кьечIеб номер букIинчIо нужеца гьабсагIат цIалулеб газеталъулги.
Гьебго ахIвал-хIал буго жакъаги. Хасго Каспийскиялдагун МахIачхъалаялда гьоркьоб бугеб нух рагьаралдаса тIубанго чIаголъана шагьаралда гIумру. РФялъул Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъ, ахIвал-хIал лъаледухъ лъикIаб рахъалде хисанин абуниги, гIорхъичIваялъул низам бигьа гьабизе гIедегIугеян абуна гьал къоязда. Цо ккураб къагIидаялъ, малъарабги гьабун, гьикъарабги бицун магIарухъ ругин абизе бегьула гIадамал, тадбиралда хадурги рилъун. МагIирукъалги къана, хабадеги хьвадичIо, рузманалдеги инчIо. Хасго гьеб тадбир буголъи загьирлъана кIалбиччанкъо тIаде щварабго.
Гьанже щайха ал малъарабги гьабун рокъор чIарал? «ЦIикIкIарални киса гурони раккулел, цониги лъимер бихьичIо жакъа къватIиб», -илан бицунеб рагIулаан руччабаз, кIалбичанкъоялъул бакъаниде. Гьел божун рукIинчIо, гIакълу гьечIел лъимал кодор къучIбигун жидехъе раккиларин абураб харбида. Гьелъ чангиял цереккунго хIадурун рукIана гьезие кьезе сайигъат-саламги къачIан. Амма гIадада ккана гьезул бакъвараб хIаракат. Исанасеб кIалбиччанкъоялъул аслиял «герояллъун» лъимал гурел, рукIана телефоналгун гаджеталги, ватцапги, инстаграмгун телеграмги. Рогьаралдаса рукIкIинегIан гIидалъул къо баркун цоцазде кIалъалел, аза-азар рисалатал ритIулеб хутIана гIалам. «Гьадинабги заман бачIинилан цо анцIго соналъ цебе бицун букIарабани, щивдай божилаан?» Гьеле киназго цоцазда абулеб букIараб калам.
Сунцаха халкъ кантIизабураб? Гьеб суалалда тIасан жидерго пикраби гьадин загьир гьаруна нижер редакциялъе экспертаз.
КватIун бачIараб кантIи
Халил Халилов, ДРялъул Экономикаялъул министерствоялда цебе бугеб ЖамгIияб советалъул вакил:
«Карантиналъул низамалъул бицунел, Роспотребнадзоралъ рихьизарурал тIалабазул хIакъалъулъ документал хIадур гьаричIо хIакимзабаз. Гьеб хурхараб букIине кколаан, сапараздаса руссунел гIадамазда аскIоре къагейин, бертабазде, тагIзиятазде унгейин ва гьел гурел цогидалги малъа-хъваязда. Гьединал тIалабал рукIинчIин гьезулин абиларо, рукIана, амма кьварарал тадбирал гьаричIо. Гьеб куцалда кIиго-лъабго моцIида жаниб эпидемия киса-кибего тIибитIана ва гьелъул гIорхъолъа рорчIарал хIасилал рихьарабго гурони халкъги кантIичIо. Цоцада аскIоре ине жалго жидецаго гьукъани гурони, гьаб гIузру тIагIунарилан абураб пикру щулалъана гьезул ботIролъ. Гьелдаса хадуб гIадамал рокъор чIана, бертабалъеги инчIо, гьоболлъухъеги хьвадичIо, тагIзияталги къана».
Тохтурзабиги божулел рукIинчIо
ГIабдула ХIажиев: Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялда цебе бугеб ЖамгIияб советалъул вакил.
«КIиго моцIалъ, гьанжего гьанже гьаб гIузру республикаялда тIибитIизе байбихьарабго, цо чIванкъотIараб, кьучIаб пикру букIинчIо гIадамазул гьелда тIасан. ГIемерисел божулел рукIинчIо гьеб унти хIакъикъаталдаги хIинкъи цIикIкIараб, цIодорлъи гьабизе кколеб букIиналда. Цо-цо тохтурзаби байбихьуда божулел рукIинчIо гьелда. Гьарулел тадбиразулги букIинчIо цо кьварараб низам. Гьелъги хутIа-хутIарабги вас-васалъе ккезабуна халкъ. Сон кIалъан вачIана дирго цо гьудул-гьалмагъ. Больницаялда вугин вегунилан бицана. ВахI, щибин ккарабилан гьикъидал, бицана кIиго моцIалъ рокъоса къватIире рахъинчIогоги чIун, анкьалъ цее гIадин базаралде арай чIужу ячIанила унтиги босун рокъое. Гьеле гьединги кколеб бугоха, кигIан цIуна-къай гьабулелилан рукIаниги дагьаб жо гIолеб буго унти бахине.
Ахирги бичIчIанаха гIадамазда, жалго жидецаго цIуничIони, лъицаниги мун цIунуларевлъи. ГIидалъул къоялъ умумузул хабаде зияраталъ инчIогоги, хирияб къо баркун гьоболлъухъе хьвадичIого чIолеб букIинчIеб халкъ кантIана муфтиясул хитIабалдаса хадуб ва исана гьел рокъор чIана. Рокъор чIана гIемераб жоялъ кантIизарун. ХIадисалда буго, хвелги гьеб вагIза бугин бусурбанчиясейилан. АнцI-анцIккун, къо-къоккун гIадамал холел ругеблъи бихьараб мехалъ, чи кантIичIого вукIинищ?»