Аслияб законалъул аслиял тIалабал

Улкаялъул аслияб законалда хиса-басиял гьаруна. Гьезул рахъккуна гIадамазул 76 проценталъ.

Кинал хиса-басиялха гьарурал?

 

1. Халкъазда гьоркьосел къотIи-къаяздасаги аслияблъун гьабизе Россиялъул Конституция, ай пуланаб хIукму гьабулаго, тIоцебесеб иргаялда, улкаялъул аслияб законалде мугъчIвай гьабизе.

2. Улкаялъул хIукуматалъул председателасулги, министразулгун федералиял идарабазул нухмалъулезулги, губернаторазулги, сенаторазулги, депутатазулги ва судиязулги къватIисеб улкаялъул гражданство яги гьениб гIумру гьабизе кьолеб ихтияр букIин гьукъизе.

3. Пачалихъиябги муниципалиябги власталъул идарабазул бухьен щулалъизабизе.

4. Конституциялда хъвазе «Пачалихъияб советалъул хIакъалъулъ» баян.

5. Улкаялъул хIукуматалъул председатель, гьединго гьесул заместителал, федералиял министрал тасдикъ гьариялъул ихтияр кьезе Пачалихъияб Думаялъухъе.

6. Къуваталъул ведомствабазул киналго нухмалъулел ва прокурорал президентас тасдикъ гьаризе, Федерациялъул Советалъулгун гIакълуги дандбан.

7. Хисизаризе президентасде ругел тIалабал: гьес Россиялда гIумру гьабизе ккола 25 соналъ (гьабсагIаталда бихьизабун буго 10 сон), гьев вукIине бегьуларо батIияб улкаялъул гражданинлъун яги гьениб гIумру гьабизе ихтияр бугевлъун (рищиязул заманалда гуревги, гьездаса цебеккунги). Гьединго, президентлъиялъул болжалалъул хIакъалъулъ бицунеб бакIалдаса нахъе босизе «иргадал» абураб рагIи.

8. Конституциялъулаб судалъе ихтияр кьезе, президентасул бихьизабиялда рекъон, законопроектазда гъоркь гъулбасиналде, гьел Конституциялде рекъонкколищали хал гьабизе.

9. Федерациялъул Советалъе ихтияр кьезе, президентасул бихьизабиялда рекъон, Конституциялъулабги Верховныйги судазул судияби хъулухъалдаса рахъизе, судиясул статус тезе бегьуларел ва жидерго яхI-намусгун къадру суризабулел ишал гьез гьарун ругони.

10. Конституциялда хъвазе: Аллагьасда божи ккола умумузухъан щвараб къиматаб ирс ва гIурус халкъ рикIкIуна пачалихъ гIуцIулеб халкълъун.

 

«Ельцинилалъул» бакIалда «путинилаб»

Борис Ельцин президентлъун вугеб заманалдаги гьарун рукIана Конституциялда хиса-басиял. Амма гьел рукIинчIо исана гIадин гIемерал. 

Масала, 2008 соналда, президентасулги Пачалихъияб Думаялъулги болжал цIикIкIинариялда ва депутатазе премьерас хIисаб кьеялда бан, хиса-басиял гьаруна Конституциялъул гIицIго ункъо статьяялда. 2014 соналъул байбихьуда хисизабуна Аслияб законалъул микьго статья ва нахъе рехана цо – Арбитражалъул тIадегIанаб суд къаялда ва прокурорал хIалтIуда теялъул тартиб мухIкан гьабиялда бан. Гьебго соналъул риидал гьабуна кIиго статьяялъул хиса-баси: гьелдалъун Федерациялъул Советалда гьабуна «президентасул квота».2020 соналъул июлалда хисизабуна Конституциялъул 41 статья ва тIаде жубана щуго цIияб статья. ГIаммаб къагIидаялда хисизабуна улкаялъул Аслияб законалъул 62 процент. Абизе бегьула «ельцинилалъул» бакIалда «путинилаб» Конституция къабул гьабунилан. Гьелдалъун хисизабуна 25-ялдаса цIикIкIун соналъ хIалтIулеб букIараб политикияб системаги. ХисизаричIого хутIана Конституциялъул 1-себ, 2-леб ва 9-леб бутIрул – гьел хисизаризе ккани, чарагьечIого ахIизе ккола Конституциялъулаб собраниялъул данделъи ва хIадуризе ккола цIияб Аслияб закон.

 

Улкаялъул власталъул гIуцIи

Федералияб Собраниялде хитIаб гьабулаго, президент Владимир Путиница тIоцебесеб нухалда рехсана Конституциялда гьаризе кколел хиса-басиял. Пачалихъияб Думаялда гьезул хIакъалъулъ бицун хадуб абизегIанасеб битIизаби гьабичIого, къабулги гьаруна гьел. Гьел хиса-басиялги аслияб къагIидаялда хъинтIулел рукIана власталъул болъабазул бухьеназда. Аслияб пикру букIана 1993 соналдаса нахъе билълъанхъизабураб ва президентасул пикру-рагIи аслияб къуватлъун рикIкIунеб республикаялдаса рорчIизе хIаракат гьабулаго, власталъул къуват чучлъизе толарел къагIидаби ралагьи.

Масала, реформаялъул хIасилалда Думаялъе ихтияр щвана премьерги, вице-премьералги, «гражданиял» министралги тасдикъ гьаризе (гьелдаса хадуб президентасда тIалъула гьел тIамизе). Гьебго заманалда, Конституциялъ ихтиярги кьун, къуваталъулал ведомстваби мутIигIлъизе ккола битIахъего президентасе.

ЦIикIкIине руго Конституциялъулаб судалъул ихтияралги. Гьелдаго цадахъ Федерациялъул Советалъе ихтияр щола, президентасул бихьи- забиялда рекъон, КСалъул ва цогидал судазул судияби хъулухъалдаса рахъизе.

Кинаб пикругун гIуцIун бугеб Пачалихъияб Совет? Гьеб гIуцIун букIана 2000 соналда – президентасда цебе бугеб гIакълу дандбалеб идара хIисабалда. Амма гьеб нахъе гьабун букIана, Конституциялъул 80-абилеб статьяялда рехсарал президентасул ишал такрар гьарулел ругинги абун. Гьелда тIалъулел ишал баянлъизе ратила гьелъул хIакъалъулъ законопроект къабул гьабураб мехалда.

 

Халкъалъе бугеб пайда щиб?

Конституциялда хъвана инсанас моцIалъ гIумру гьабизе хIажатаб гIарцул роценалдаса дагьаб гуреб моцIрол харж букIинеги ва щибаб соналда пенсиязул индексация гьабизеги кколин абун.

Амма Конституциялда социалияб рахъалъ гьарурал хисабасиязул гIемерисел «рижана» захIматхалкъалъул хитIабазул кьучIалда: улкаялъул бетIерасухъе гьел кьуна президентас тасдикъ гьабураб ва парламентарияздасаги, гIалимзабаздасаги, жамгIиял хIаракатчагIаздасаги гIуцIараб хIалтIул къокъаялъ. Социалияб блокалда хъвана, масала, гIурус мацI пачалихъ гIуцIулеб мацI бугинги, хIакъикъияб тарих цIунизе кколинги, Аллагьасде божилъи умумузул ирсалъул хазина бугеблъиги. Конституция цIилъана сахлъи цIуниялдеги, гIелмуялдеги, маданияталдеги, волонтерлъиялдегун гIолилаздеги бугеб пачалихъалъул хасаб бербалагьиялъул хIакъалъулъ бицунел пунктаздалъун. Гьел нормаби рехсон рукIана федералиял законазда, гьанже гьел росана Конституциялде.

 

Къабул гьаруралго хиса-басиязухъищ гьаракь кьураб?

Конституция хисизабиялда бан жамгIияталда рукIарал бахIсал жеги ракIалда ратила. Аслияб пикру букIана Федералияб Собраниялъги, Пачалихъияб Думаялъги, Конституциялъулаб Судалъги къабулги гьарун, хIакъикъияллъунги рикIкIунел хиса-басиязухъ гьаркьал кьезе тIами кколин улкаялъул бюджеталъул сурсат пасат гьабиян абураб далил.

ХIакъикъат букIана гьадинаб. ХIалтIулеб Конституциялъул ичIабилеб бетIералда рекъон, гьелда хиса-басиял гьарураллъун рикIкIуна Пачалихъияб Думаялдагун Федералияб Собраниялда ругел депутатазул цIикIкIарасеб бутIаялъ гьезул рахъ ккун бугони. Регионалиял парламентазул лъабил бутIаялдаса кIигоялъ гьел къабул гьаруралдаса нахъе хиса-басиял къуваталдеги лъугьуна. Федералиябги регионалиялги парламентаз къабул гьарун хадуб хIалтIизе байбихьана хисабасиязул хIакъалъулъ законалъул лъабабилеб статья (хиса-баси къуватаблъун лъугьиналъул хIакъалъулъ бицунеб); КСалъул хIукмуялдаса хадуб – кIиабилеб (тIолгороссиялъулаб пикру загьир гьабиялъул тартибалъул хIакъалъулъ). ХIалтIулеб бугеб Конституциялда рекъон гуреб, КСалъ тасдикъ гьабураб хиса-басиялда рекъон гIадамазда гьаркьал кьезари законалде рекъон кколареблъун бихьана цо-цо экспертазда. Амма КСалъ гьеб иш ритIухъ гьабуна, щайгурелъул законалъул лъабабилеб статья хIалтIизе байбихьараблъун рикIкIаралдаса нахъе гьелъулги букIуна юридикияб къуват ва гьелда рекъон гьабураб хIукмуги букIуна хIакъикъияблъун ва ритIухъаблъун. Гьединабго хIукму гьабуна судияз Аслияб законалда рекъон тIолабго Россиялда гьаркьал кьезариялда банги: халкъалъ пикру загьир гьаби Конституциялъ ритIухъ гьабула – гьеб ккола «народовластиялъул принцип», ай конституциялъулаб гIуцIиялъул кIудияб кIваралъул аслу цIуни.

Улкаялъул жамгIиятаз разилъунгутIи загьир гьабун букIана президентасул болжал хъвагIаялда банги цогидал рахъаздаги. Амма Конституциялъулаб Судалъ ритIухъ гьаруна киналниги хиса-басиял ва гьел нахъе рахъинарун бажаризе гьечIо Инсанасул ихтиярал цIунулеб Европаялъул судалде (ЕСПЧ) хитIаб гьабуниги: халкъалъ къабул гьарурал хиса-басиязда рекъон, Россиялъул ихтияр буго къватIисел улкабаз гьарурал къотIабазулгун хIукмабазул сан гьабичIого чIезе, ай гьездаса инкар гьабизе.