ХъахIаб халгIаталъул даимаб къиса

ХIурматиял магIарулал! Нижеца байбихьулеб буго коронавирусалде данде къеркьолаго, унтарал сах гьарулелъул гьабураб бахIарчияб хIалтIухъ Россиялъул президентасул ва Дагъистаналъул бетIерасул батIи-батIиял шапакъатал щварал тохтурзабазул хIакъалъулъ хъвазе. Гьединазул цояв ккола Дагъ­истан Республикаялъул мустахIикъав тохтур, МахIачхъалаялъул №1 лъималазул больницаялъул бетIерав тохтур, тIадегIанаб категориялъул тохтур Супиян Абакаров. Гьев мустахIикълъана Дагъи­станалъул бетIерасул ХIурматалъул грамотаялъе.

Республикаялъе захIматаб заманалда Супиянги вукIана гIагараб халкъгун. Балъгояв тушман ки­нигин, нахъасан речIчIун бачIараб унтиялъ рихха-хочизарурал гIадамазе дару-дарманлъун рукIана гьесул хIеренал рагIаби. Супиянида бичIчIулеб букIана жинцаго баччизе кколеб гьир цIакъго бакIаб букIинги. ХъахIаб халгIаталъул даимаб къисаялъе киданиги хилиплъичIев тохтурасда шапакъат бар­кизе дун щвана гьес нухмалъи гьабулеб больницаялде.

 

 

ГIумру хвелгун

къеркьолел лахIзатаз

Дица цеве чIезавулев вукIана цIакъго къвакIараб ва кьвара­раб гIамал-хасияталъул согIав магIарулав. Амма кабинеталъубе нуцIа рагьарабго, дандего бачIана гьесул гьими. Гьелъулъгицин би­хьулеб букIана гьесул жавабчилъи. Ватила гьев хIалтIуда согIавги кьвараравги, гурони хIалтIул хIасил букIунареблъидалха.

Лъай-хъвайги гьабуна, шапакъатги баркана. ТIоцебесеб дица гьесие кьураб суал букIана коро­навирусалъул хIакъалъулъ.

 

— АхIичIого бачIараб гьеб «гьо­болалъ» сорозабуна гIалам. Лъида­ниги лъалеб букIинчIо кин гьелда дандчIвай гьабизе кколебали. Амма лъалеб ва бичIчIулеб букIана тушманасда тIад бергьенлъи бо­сизе бигьаго букIине гьечIеблъи. Коронавирусалъ гьужум гьабулел тIоцересел къоязго, больницаялъ къабул гьаризе байбихьана гьеб унтуца яги гьелъул хIасилалда цогидал унтаби «рорчIизарурал» лъимал. Ургъизе заман букIинчIо. ХIалтIулел рукIана ункъо смена­ялда цIакъго мукъсанал шартIазда. Гьедин букIана киса-кибего. Цинги дагь-дагьккун ратана шартIалги, хьезаруна тохтурзабазе хасаб пар­талалдалъунги дарабаздалъунги. РакI унтулеб букIана тохтурзаба­зул жидеде кIудияб божилъигун ва хьулгун, гIумруялде гIащикъаб рокьигун больницаялде рачIунел лъимал рихьидал. РикIкIада рай­оназдаса гьел рачIунаан вертоле­тазда. ЗахIмат букIанищан гьикъа­ни, гьелъул пикру гьабизе регIарав чиго вукIинчIо гьел моцIаз. Гьез­да лъалаан ва бичIчIулаан зигар­дизе заман жидер гьечIеблъи. Ва хъахIаб халгIаталъе бараб гьаял­да цере жал даим ритIухъаллъун хутIизе кколеблъи.

 

Макьу тун, свак тун, къеркьа­на Супиянги гьесул тохтурза­биги вахIшияб унтиялде данде. Гьез хвасар гьабуна анцI-анцI лъимер. Гьединаб буго хъахIаб халгIат ретIарал жакъасеб къо­ялъул бахIарзазул къиса. Гьеб къисаялъе хилиплъичIел багьа­дурзабазул кумекалдалъун нахъе къазабун бажарана вахIшияб, аза- азар гIадамазул гIумру бецун лъу­раб, гIисинал-чIахIиязда гурхIел гьабизе лъалареб унти. Гьел къояз хъахIаб кьералъул букIана кIиго тIагIам. Цояб – гIумруялъул гьу­инаб тIагIам. Гьелъие къуват кьо­леб букIана хъахIал халгIатал ретIарал тохтурзабаз. Цояб – тох­турзабаз горбода жемун букIараб мусруялъул тIагIам. Гьеб тIагIам букIана цIакъго кьогIаб, гIадамаз тIолеб букIараб магIуялъ чурараб ва цIамхIалаб. ГIумруги хвелги цоцазул бадире ралагьарал гьел лахIзатаз Супиян Абакаровасда ва гьесул тохтурзабазда кIвана хъахIаб кьералъул тIоцебесеб тIагIамалъе къуват кьезе. Боль­ницаялъул киналго хIалтIухъаби мустахIикъал руго бищунго бер­цинал ва тIадегIанал рагIабазе.

 

 

Тохтурлъун вахъине бокьун букIараб анищалъул асирлъуда

Жеги школалда цIалулев ву­гев Супиян эменгун цадахъ щола МахIачхъалаялде, больницаялда вегун вугев унтарав гIагарав чи­ясде ваккизе. Гьенир рихьарал хъахIал халгIатал ретIарал тох­турзабаз пана гьабуна гIолиласул ракI. Ва гьеб бакIалдаго гьесул къасдалъ щулияб бакI ккуна тох­турлъун вахъине бугеб анищалъ. Гьесул ракIчIана юристасул мах­щалидасаги жиндие хъахIаб халгIаталъ асар гьабиялда.

 

1972сон. ГIагараб ЧIарада районалда гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, жиндирго ани­щалда хадув Супиян щола МахIачхъалаялде. Ва цIализе лъу­гьуна мединституталде. Гьебги лъугIизабун, гьев хIалтIана респу­бликаялъул лъималазул больни­цаялда. 1979-1980 соназ хIалтIана Байконуралда рагъулав тохтур­лъун. Гьесие киса-кибего къуватги кьолеб букIана, асарги гьабулеб букIана доб кидаялиго рекIелъ рещтIараб тохтурлъун вахъине букIараб анищалъ.

 

Гьединго Супиян хIалтIана ре­спубликаялъул гIемер рахъазулаб лъималазул больницаялда диагно­стикияб отделениялъул нухмалъу­левлъун. Республикаялда тIоцебе гьес лъуна лъимералъе СПИДалъул диагноз.

 

 

Супиян Абакаровас нухмалъи гьабуна МахIачхъалаялъул лъи­малазул больницаялъе. Гьеб букIана араб гIасруялъул 90-аби­леб сон. 1991-1999 соназ хIалтIана республикаялъул гIемер рахъ­азулаб лъималазул больни­цаялъул бетIерав тохтурлъун. 1997-2007 соналги гьес сайгъат гьаруна лъималазул сахлъиялъе. Гьел соназ гьев хIалтIулев вукIана МахIачхъалаялда букIараб лъи­малазул рукъалъул нухмалъу­левлъун, хадув республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрасул заместительлъун.

 

2007-2012 соназ гьес нухмалъи гьабуна республикаялъул кли­никияб больницаялъе. (Нилъеца жакъаги гьелда Централияб боль­ницайилан абула).

 

 

Гьенив хIалтIулеб мехалда кка­раб цо лъугьа-бахъинги ракIалде щвезабуна Супияница.

 

— Дол рукIана хIабургъарал 90-абилел сонал. Сардилъ рагIана кьвагьа-гIанхъиялъул гьаракь. Дида бичIчIана чIвай-хъвей кка­раблъи ва хIалтIуде тIад вуссине хIадурлъана. Дун хIалтIуде щвейги гьенире лъукъарал рачун рачIинги цадахъ гIадин ккана. Доб сурат гьанжеги дида цебеса унаро – бох- гъеж камурал, цо-цо лъукъаразул гьел далдалахъего хутIун рукIана. Гьеб ракIалде щведал, гьанжеги рекIел кIутIи хIалуцуна дир.

 

Гьеле гьединабго асар гьабуна дие гьал моцIаз больницаялда би­хьа-таралъги, — ян бицана Супия­ница.

 

 

Унтарал лъималазухъе гьев щвечIеб район ва шагьар цониги батиларо Дагъистаналда. Гьеди­наб буго лъеберго соналъ медици­наялъул батIи-батIиял идарабазда бетIерав тохтурлъун хIалтIарав Супиян Абакаровасул хъахIаб халгIаталъул гвангъараб къиса.