Исана гьабураб хIалтIул, коронавирусалъул пандемия тIибитIиялда бан ккарал хиса-басиязул бицун, нижеца гара-чIвари гьабуна ДРялъул капиталияб ремонталъул фондалъул нухмалъулесул заместитель,ЧIарада районалъул Гьочоб росулъа ТIалхIатов МухIамадханилгун.
— МухIамадхан, исана щиб гьабизе ракIалда букIараб Фондалъул хIалтIухъабазда ва щиб гьабун бажарараб?
— ЛъагIалида жаниб нижеца гьабизе кколеб хIалтIи тасдикъ гьабула ДРялъул хIукуматалъул хIукмуялдалъун. Коронавирусалъул хIасилалда, исана гьединаб хIукму къватIибе бачIана 8 июналда. Гьелда рекъон, исана нижеца къачIазе руго церехун киданиги къачIачIелгIан гIемер минабиги (132 гIемертIалаяб мина (490 азарго кв. метралъул гIатIилъи), 2019 соналда къачIан букIана 99 мина). Гьеб хIалтIул гIаммаб багьа бащалъула 597 млн гъурщида. Гьелдаса 497 млн гъурущ бакIаризе ккола гIадамазухъа, хутIараб 100 млн буго лифтал къачIаялъе (законалда рекъон гьебги бакIаризе кколаан гIадамазухъа) республикаялъул бюджеталъ биччараб гIарац.
Амма коронавирусалда хурхун лъазабун букIараб карантиналъ ралел бакIазул хIалтIи лъалхъизабуна, Фондалъул аппараталъул хIалтIул низам хисизабуна. Мисалалъе, цо моцIалъ гIадамазухъе щвезаричIого хутIана гьез кьезе кколеб гIарцул счетал-квитанциял. ХIукуматалъул хIукму цIакъго кватIун къватIибе бачIиналъ минаби къачIаялъул хIалтIи жеги байбихьичIониги, тIадбан унеб буго проекталгун сметаби гIуцIиялъул хIалтIи.
— Минаби къачIаялъул кинабго хIалтIи гьабула гIадамазухъа бакIарараб гIарцухъ. Гьеб бакIариялъул рахъалъ щиб хIал бугеб?
— ГьабсагIаталда гIемер беццизесеб хIал гьечIо. Гъоркьиса гьабго заманалде дандеккун, исана бакIарараб гIарцул къадар, коронавирусалда ва гьелда хурхарал гIиллабаздалъун, дагьлъана 20-гIанасеб проценталъ.
Гьедин бугониги, тIаде босараб иш тIубазабизе буго. Киналго проектазулгун документазул ишги тIубан, тендералги тIоритIун, август моцIалда байбихьизе буго кинабго хIалтIи ва декабрь моцIалда лъугIизеги буго. ЦIидасан, кьучIдасанго байбихьун ралел минаби гурелъул гьел, гьеб хIалтIулъ лъикIаб хIалбихьи буго нижер. Кинабго хIалтIи гьабула (хадубккун гIарац кьезелъунги) тендераздаги гIахьаллъарал, нижер министерствоялъул реестралдаги ругел, церегоялдаса нахъе нижгунги хIалтIулел подрядчиказ.
— Ахираб заманалда пачалихъалъ гIадамазе гIезегIан бигьалъаби гьаруна. Капиталияб ремонталъухъ кьолеб гIарцуда хурхун ругищ гьединал бигьалъаби?
— Жидеего хайир щвезелъун пачалихъалъ гIадамазухъа бакIарулеб ялъуни гьелъ нилъехъа босулеб налог гьеб гуро. Капиталияб ремонталъухъ нилъеца кьолеб гIарац ккола, тIаде рачIунел процентал гьечIониги банкалъул картаялда лъураб хIисабалъул, ирга щвараб заманалда нилъецаго гIумру гьабулеб мина къачIазе бакIарулеб гIарац. Гьедин бугеб заманалда кинал бигьалъабиха рукIинел. Цого-цо исана гьабураб жо буго тариф (цо кв метралъухъ кьолеб гIарац) цIикIкIинабичIого тей. Исана гьеб букIине кколаан 6,5 гъурущ, гьабсагIаталда буго гъоркьисаго букIахъе, ай 5,67 гъурущ.
Нижехъ букIуна пачалихъалъул программаялде гьоркьоре росарал гIемертIалаял минабахъ ругел секциязул бетIергьабаз кьураб гIарцул мухIканаб хIисаб-суал. Регионалияб программаялда рекъон, цо пуланаб гIемертIалаяб мина къачIазе заман щваниги, гьениб гIумру гьабулел гIадамаз хIажатаб гIарац бакIарун батичIони, нижер ихтияр буго гьеб мина сияхIалъул ахиралде бачине.