Хунзахъ районалъул БакьайчIи росулъа АхIмад МухIамадов 1947 соналда лъугьана В. М. Ломоносовасул цIаралда бугеб МГУялъул тарихалъул факультеталде цIализе ва 1953 соналда лъугIизабуна. Гьебго соналъ хIалтIана Дагъистаналъул педагогикияб университеталъул тарихалъул кабинеталъул заведующийлъун. 1954 соналда МГУялъул аспирантураялде цIализе лъугьана ва лъугIизабуна 1957 соналда. ГIолохъанав гIелмабазул кандидат хIалтIана ДАССРалъул Сонархозалъул председателасул кумекчилъун, 1958 соналдаса байбихьун — Дагъистаналъул пачалихъияб...

