СахаватчагIи – вацал МуртазагIалиевал

ГIахьвахъ районалъул КIудиябросулъа вацал ГIумар ва МухIамад
МуртазагIалиевазул хIакъалъулъ рагIичIев чи Дагъистаналдаго ва-
тиларо.

Гьезул кумек щвечIеб росуги къанагIат батиларо республика-
ялда. «БацIцIадаб ракI» абураб рахIму-гурхIелалъул фондги гIуцIун,
гьез кумек гьабуразул къадар азар-азар чиясдасаги тIаде уна. РФялъул
эркенаб гугариялъул рахъалъ федерациялъул вице-президент ГIумар
ккола машгьурав бизнесмен, меценат, Москваялда гIумру гьабун вуго-
ниги гIагараб ватIанги халкъги кIочене толарев, гьезие кидаго куме-
калъе ватулев чи. Амма жакъа бицине бокьун буго гьесул гьитIинав вац
МухIамадил хIакъалъулъ.

— Нижер руго анкьгоял, ай лъабго вацги ункъо яцги. Инсуца квербакъана нижее тIадегIанаб лъайги, лъаялда рекъараб хIалтIиги щвезабизе. КIудияв вац ГIумар киназдаго лъала, гьев вуго Москваялда. Гьоркьохъев вацасулги буго жиндирго бизнес. Яцалги руго жиде-жидер хIалтIабазда. Дун вуго вацасда цадахъ гурхIел-рахIмуялъулаб фондалъул ишал тIуралев. Дун вукIана районалъул депутатазул собраниялъул председательлъунги.
ГIахьвахъ районалъул цо-цо жамагIатчагIаз ГIумарида абун буго нужеца гьадинги гIемераб кумек гьабулин районалъе, гьабизе бугеблъиги лъалин, амма лъикIаб букIинаанин МухIамадица гIахьаллъи гьабуни районалъул бетIер вищиялъул рищиязда. Гьедин гьезги гьаридал, лъун буго дица дирго кандидатураги, — ян бицана гьес.
— МухIамад, нагагь мун бетIер­лъун вищани, тIоцебесеб иргаялда, щиб гьабизе ният бугеб?
— ТIоцебесеб иргаялда гьаризе руго нухал, бачине буго лъим ва газ. Гьеб лъабабго буго гIадамазе бищунго хIажатаб жоги.
Дицаги вац ГIумарицаги тIадчIун тIалаб гьабулеб буго ичIго объекталъул. Цояб буго Хасавюрт районалъул Советское росулъ. Гьениб балеб буго, дунялалъул чемпион Забит МухIамадшариповасул гьариялда рекъон, спорталъул комплекс. Хасавюрталда балеб буго Аскер Аскеровасул цIаралда бугеб спортивияб кIалгIа. Къамиш-хъутаналда бана амбулатория, мадраса, кверкьовул бакI, нухазде тIуна хъил. Щибаб соналъ дица кьола Къамиш-хъутаналъул гимназиялдаги КIудиябросдал школалдаги лъикIал къиматазда цIалулел цIалдохъабазе стипендия. Гьеб кIиябго росдал школазе къваригIарабщинаб чIезабуна. КIудиябросулъ бана кибго гьечIебгIан берцинаб мажгит. Гьенибги буго тагIзияталъе, мадрасаялъе рарал бакIалги.
КIаратIа росулъ букIинчIо жам­гIияб хIажатхана, какал ралел бакIал. Росу бакьулъ гьелги ралел руго. Нухал руго къачIазе байбихьун. Нижеца хIукму гьабун буго щибаб соналъ районалъе нусго миллион гъурущ гIарац биччазеги.
Нилъеца щибго цадахъ босуларо ахираталъул рокъобе. Гьединлъидал кIвараб хIаракат бахъулеб буго дунялалда рукIаго бажарараб лъикIлъи гьабизе, ракьалда нижерго лъалкI тезе. Дица, вацасул кумекалда­лъун, Москваялъул больницабазде ри­тIула захIматго унтарал. Гьединго ри­тIулаан хIежалдеги гIадамал, ай санайил — 100-200 чи.
Дунялалдаго гьечIеб гIадаб лъималазул рукъги буго ГIумарица Ставрополь шагьаралда бан, «Радуга» абун цIарги кьун.
Къокъго абуни, дир мурад буго район цIи гьаби, гьеб тIегьазаби. Цоги нухалда абуниги, дидаго цебе лъураб масъалаги буго цоги, ай росдал магIишат цебетIезабиги. Гьелдаго цадахъ хIажат буго районалде газ бачинеги. Балагье, сверухъ ругел районазда буго газ, руго хъил тIурал нухал. Гьединлъидал гьел санагIалъаби рукIинаризе ккола ГIахьвахъ районалдаги. Лъел масъа­лаги буго бегIерго цебечIун. Гьеле гьеб лъабабго суалалде кIвар кьезе буго.
— ТIолабго улкаялдаго гIадин, республикаялдаги гIолилазе хIалтIи гьечIолъиялъул масъала буго цIакъго бегIерго цебе чIараб. Щиб гьабизе ракIалда бугеб гIолохъаби росабалъ чIезариялъе, гьезие хIалтIи букIинабиялъул рахъалъ?
— Гьебго хIал буго дир гIагараб районалдаги. ГIолохъаби унел руго хIалтIи балагьизелъун къватIире. Гьединлъидал ракIалда буго районалда 250 чиясе хIалтIизе бакI бугеб завод яги фабрика, цех базе. Росаби чIороголъулел руго, школазда лъималазул къадар дагьлъулеб буго. Гьеб масъалаялда тIад ургъулел руго нижги.
— Ленинкенталда бугеб цо къва­тIалъе кьуна нужер инсул цIар…
— Цо нухалда ГIумарица дида абуна гьадин: «МухIамад, нилъеца эмен вукъана Ленинкенталда, рачIа гьенир ругел хабалал къачIазе», — ян. Къого миллион гъурущги тIад хвезабун, къачIана. Гьенир чIезаруна киналго санагIалъаби — какал разе, какие чуризе бакIал, жанибго буго бухIарабгун цIорораб лъим. Буго 300 машина чIезабизе бакIги. Дица МахIачхъалаялъул администрациялде хитIаб гьабуна хабал агьлуялда аскIосан унеб нухалъе нижер инсул, ай МуртазагIалил цIар лъезе изну кьеян.
БитIараб бицани, гьеб киналъулго хIакъалъулъ бицине рекъарабги гьечIо. Лъалезда гьадинги лъала, лъаларезда лъачIониги къварилъиги гьечIо. Дида вацас абула, духъ бугеб гIарац лъугIизабизелъун гьабичIого, гьабулеб хIалтIи мухIканго гьабеян. Гьедин гьабизе хIаракатги бахъула.
— Гьаб захIматаб, ай коронавирусалъул пандемия тIибитIараб заманалда щиб кумек гьабураб районалъе?
— Кумек гьабуна гIицIго районалъе гуребги Дагъистаналъего. Щуазарго халгIат, маскаби, къваригIанщинал дараби щвезаруна хIажатал бакIазде.
— Мун цIакъ берцинго кIалъалев вуго магIарул мацIалда. Гьебгиха, нужерго хасаб мацIги букIаго. Кин ругьунлъарав бацIцIадаб магIарул мацIалда кIалъазе?
— ГIумарица кидаго абула гьадин: «МухIамад, мун магIарул мацIалда кIалъалаго, вореха, гIурус рагIиги гьоркьоб речIчIизабун, хвезабуге гьелъул тIагIам», — илан.
Гьев живгоги кIалъала бацIцIадаб магIарул мацIалда. Цоги, вацас абула гьанив рикIкIад вугеб мехалда жив урхъун вукIунила магIарул мацI бицунев чиясухъилан. Гьединлъидал нилъеца гьеб хвезе тезе бегьуларо.