«РачIа Алмахъалдасан байбихьизе»

28 октябралда ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликов щвана «Алмахъалде» — туризмалъулгун сах гьариялъул комплексалде.
Гьенир данделъун рукIана хIукуматалъул хъулухъчагIиги, туризм цебетIеялъе хIалтIи гьабулел гIадамалги, бизнесменалги.

 

Гьениб гьоркьоб лъураб аслияб суал букIана хас гьабун Алмахъ къварилъухъ туризм цебе­тIе­забиялъул бицараб.

Алмахъ росдал цIар бахъидал, цебе бачIуна гьениб бугеб ритIучIазул фермаги. ТIанкIахарал ритIучIал гьенире 1974 соналдаго рачIун рукIана. ГьабсагIаталда гьениб буго 1400 ритIучI. ТIадеялдаса-тIаде цIикIкIунел руго гьезул гьанги лълъурдулги росулел чагIи. Гьел лълъурдул дарудай хIалтIизарула.

ПалхIасил, ритIучIал гурелги, даруял хурдулги ва бихьизе бокьулеб тIабигIатги буго Алмахъалда сверухъ. Гьелъ туристалги рачIине лъугьун руго гьенире, хасго ахираб заманалда. Гьединлъидал къваригIун буго гьенир сверухъ нухалги, рукIа-рахъиналъе санагIатал шартIалги чIезаризе.

Масала, транспорталъулгун ну­хазул магIишаталъул министр Ши­рухан ХIажимурадовас бицана лъагIалил ахиралде лъугIизе бу­гин Дилималдаса Буртунаялде унеб нухлул анлъго километра­лъул манзилалда хъил тIун. Гьединго Буртунаялдаса Алмахъалде унеб нухда чабах бан лъугIизабизе бугила тIадеялъул.

Гьениб лъикIаб кIалъай гьабуна БИСОМалъул (Бизнес-сообщество Махачкалы) нухмалъулев ГIабдула Пахрудиновасги.

Нахъисеб къоялъ нижергун ккараб гара-чIвариялда гьес бицана жидеца кIицIулниги тIобитIанин гьеб ракьалда предпринимателазул форум. Гьелдаса хадуб ДРялъул цеве вукIарав нухмалъулев Владимир Васильевасде ГIабдулаца хитIаб гьабун букIана Швейцариялдаса нахъе ккечIеб тIабигIат бугеб Алмахъалда туризм цебетIезабиялде кIвар кьезе ккелин абун.

— Гьелдаса хадуб дун жиндихъего ахIана хIукуматалъул нухмалъулев Артём Здуновас ва абуна живги щванила гьениве, жиндие асарги гьабунила гьеб бакIалъ. Гьединлъидал Алмахъалда хIукуматалъул данделъи тIобитIизе рагIиги кьун букIана. Амма гьелдасаги гIезегIан заман ана. Бицахъе хабарги хутIана. Хадуб цо видеоконференц-бухьеналъул заманалда ракIалде щвезабуна дица Здуновасда Алмахъа­лъул хабар. Гьеб мехалда анкьидасан рилълъине ракIалде ккана гьесда. Амма битIун анкьидасан хисана республикаялъул бетIер. Гьанжеги жо ккечIин вукIаго, Артем Алексеевичас ахIун бачIана. Гьес бицана жинца Меликовасда бицанин Алмахъалде ине хIисабалде босараб сапаралъул хIакъалъулъ. Гьевги кутакалда разилъанила. Гьедин битIа-бишун кканаха гьелъул иш.

Дица Меликовасдаги абуна, рачIайин нилъеца туризм цебе­тIеялъе бугеб-гьечIеб къуват Алмахъалде рехизе, цинги гьениб щвараб хIалбихьи цогидал районаздаги хIалтIизабилин. Гьевги разилъана.

ГьабсагIаталда киназулго кIал­диб буго Сарихум. Гьенисан унел руго Сулахъалъул къварилъи бихьизе. Гъорасанги щолел руго «Главрыбаялде» — форель гIезабулеб магIишаталде. Гьедин къасиялдехун туристал МахIачхъалаялде рачине кколел руго аскIоса гIебеде гостиницаби гьечIолъиялъ. Дир хIисабалда, МахIачхъалалде рачине кколаро гьел. Бахъе «Главрыбаялдаса» Дилималде 19 километралъул нухги, раче гьениреги. Гьениб хъил тIуни, Алмахъалде щвезе бигьалъула. Нижеца туристазе дора гостиницабиги рала. Гьеб мехалда рачIунел чагIи гIемерлъула. Дица Меликовасда абуна нужеца ракьул суал цойиде ккезабуни, нижеца доба кватIичIого ресторанги гьалбадерил рукъги балин, — абун би­цана «ХIакъикъаталъе» ГIабдула Пахрудиновас, Алмахъалда тIобитIараб данделъиялъул хIакъалъулъ. 

Казбек районалда гуребги, туризм цебетIезабизе республикая­лъул цогидал районаздаги къвари­гIун бугин бицана данделъиялда.

Сергей Меликовасда лъикIаб­лъун бихьулеб буго 2025 соналде щвезегIан Дагъистан цебе­тIезабиялъул Концепция хIадури. Гьелъул презентация исана лъа­гIалил ахиралда гьабизе хIукму гьабуна. Концепциялда аслияб бакIги туризмалъ кквезе буго.

Амма квегIенал нухаздаги, оте­лаздаги, рукIа-рахъиналъул шар­тIаз­даги цадахъго, туристалгун хIалтIулел, хасаб лъай бугел чагIиги къваригIуна. Гьединал гIолилал стажировкаялъ Испаниялде, Болгариялде, Турциялде ритIун ругин бицана Меликовасда Россиялъул туризмалъулгун сервисалъул университеталъул МахIачхъалаялда бугеб филиалалъул директор Зульмира Ханбабаевалъ.

Пандемиялъул заманалда хIал­тIулел бакIалги рукIинчIого, санаториял-курортазеги зарал ккана. Гьеб рахъалъ пачалихъалъул кумек къваригIун руго гьединал бакIазул бетIергьаби.

Гьединго бизнесменазда данд­чIва­леб цоги суалги буго. Иргадулаб база, санаторий, яги гостиница базеян лъугьани, ракь сабаблъун дагIба байбихьула. Гьел киналго суалал цойиде рачине хIукму ккана хIукуматалъулги бизнесалъулги вакилзабазул.