Унго, лъим щолебани…

Хасавюрт районалъул Теречное росулъ гIумру гьабун руго ЦIумада районалъул Гьаквариса, Болъихъ районалъул Гъодобериса ва Зибирхьалиса магIарулал. Гьеб росдал бегавуллъун МухIамад Идрисов вищаралдаса нахъе гIемераб заманги гьечIо. Гьев вуго Теречное росулъ гIурав, гьеб росдал школалда цIаларав чи.

 

 

Саратовалда бугеб МВДялъул школа лъугIун хадув хIалтIана МахIачхъалаялъул Советский районалъул, Болъихъ ва Хасавюрт районазул жанисел ишазул органазда. ХIалтIулаго лъугIизабуна ДГУялъул юридикияб факультетги. ХIухьбахъиялде ине заман щведал, подполковникасул чингун росулъе тIад вуссиндал, вищана бегавуллъунги. — Дида мухIканго лъала гIодовги чIун гIадамазул тIалабал тIуразаризе бажарулареблъи. Гьале гIадамаз бакIарараб 350 азарго гъурщихъ босана къоло щуго тонна лъел жанибе бакIаризе рес бугеб алат. Гьеб рекъезабизе унев вуго, бокьани цадахъ вилълъа, — ян абуна гьес.
Дун гIемер щола Теречное росулъе. Гьениб буго Советское, Первомайское, Ахъбулатюрт, Дзержинское, Октябрьское росабазул гIадамазул сахлъи цIуниялъе ва унтарал сахгьариялъе рагьараб бакIалъулаб
участковияб больница. ТIадехун рехсарал росабалъа руго гьанир хIалтIулел тохтурзабиги. Больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго Дзержинское росулъ гIумру гьабун вугев ГIабдулбасир Рамазановас.
Цо-кIиго соналъ цере лъуна росдал депутатазул кумекалдалъун гIадамазухъа бакIарараб гIарцухъ росарал рогIрал ва щибаб росдал къотIнобе чвахана артезианалъул гьекъолеб лъим. Гьеле гьеб буго
гIадамазул гъункиялъул, цолъиялъул, цадахъ рекъон хIалтIиялъул хIасилги. Гьединго, Теречное росулъ фермералги данделъун гIуцIана росдал магIишаталъул производствияб кооператив. СССР биххилалде цебе
гьениб Ждановасул цIаралда бугеб колхоз букIана. СССР бихханиги, биххун букIинчIо Теречное росулъ колхоз. БукIарабго къагIидаялъ цIунун хутIун букIана хадусеб цо чанго соналъги. Амма ахир-къадги,
пачалихъалъул рахъалдасан кумек букIинчIолъиялъул хIасилги батила, тохлъана колхозалъул ишги, бикьа-къотIун щивасе кьуна бекьулеб ракь, рагьана рекьарухъабазулгун фермеразул магIишат.
Тракторал, комбайнал, юк баччулел машинаби киназего пайдаялъе хIалтIизаризе тана. ГIемерал нухмалъулел хисана «Жданова» СПКялъул, гьеб гIуцIаралдаса араб 24 соналда жанир. Жакъа гьелъие нухмалъи гьабулеб буго хIалбихьи бугев зоотехник ХIажи Баудиновас. — Гьале нижер бугеб буголъи. Кинабго техникаги гьаниб буго, — янги абун, бихьизабуна ХIажица рии бачIинегIан хIалхьиялда ругел комбайнал. Исана ракъдаллъи букIиналъ ролъул ва пурчIинадул хаслихъе хьон хьай дагьаб нахъе бахъун буго. ГурхIизе ватила ТIадегIанав Аллагь, разе ратила цIадал, — ан бицана гьес. — Хурзал лъалъазе гьечIеб лъел хас гьабун
бицинчIогоги бегьуларо. СССРалъул заманалда Теречное, Октябрьское, Дзержинское, Советское, Ахъбулатюрт росабазул рагIалдаса букIа, росу бакьулъан букIа чвахулеб канал кидаго цIун букIунаан.
Лъим гIунги тIокI букIиналъ лъикIаб бачIин бакIарулаан могьолал культурабазулги, бахчабазда рекьарал хъарпуз-пастIаназулги. Гьанже щибха ккараб? АнцIгониги сон батила Теречный каналалъуб лъим тIагIаралдаса. Канал бацIцIине кколин цояз абула, лъел кубометразухъ гIарац кьезе кколин цогидаз абула, росдал магIишаталъул кооперативалги гIуцIун, къотIи-къаял хъвазе кколин лъабабилезги бицуна. Харбал гIемерлъиялъ гIадлу хун буго. Дица цин щуазарго гъурущ, хадуб анкьазарго гъурущ кьун кIиго нухалъ дагьалго къояз рагьизабуна кооперативалъул 250 гектаралда бекьараб ролъ ва пиринчI хьан бугел хурзал лъалъазе канал. Гьел гIиси-бикъинал къатIраби кинго гIоларо хурзабазе. Гьединабго хIалалда руго харибакIал, боцIи хьихьулел авлахъал. Лъим щвечIого гьенибги бижулеб хер тIубанго бакъван буго.

ДРялъул мелиорациялъул ва лъел магIишаталъул министрасухъе кIалъан вукIана 22 июналдаго. Гьес жаваб кьуна кIиго рагIудалъун: «Понял. Помогу», — абун. Чан моцIха араб? Абураб бакIалдаго хутIана
министрасул рагIи. Хадубги хитIаб гьабун кагъат хъван букIана Хасавюрт районалъул бетIер Жамбулат Салавовасухъе. Гьале ункъо моцIана, жаваб жеги бачIинчIо.
— Кинха гьадинаб ахIвал-хIалги букIаго, кооперативалги рагьилел, фермеразул ассоциациялги гIуцIилел? Гьедин бугониги, Октябрьское росдал гIадамазги, лъикIаб букIинеселде ракIчIараб хьулгун, рагьун букIана жидерго росдал магIишаталъулгун производствияб кооператив. Гьелда цIарги лъун букIана «Тидали» абун. Гьеб рагьилалде цебе, гIемерал соназ «Аксай» совхозалъе нухмалъи гьабурав росдал магIишаталъул
гIелмабазул кандидат ХIамзат ГIабдулкаримовасул кумекалдалъун анцIго гектаралда чубукал чIана. ЛъикI бижана, амма лъалъазе лъим гьечIолъиялъ кинабго хIалтIи гIадада ккана. Сулахъалъул лъим бачIунаан расги квалквал гьечIого. Гьебги хIисабалде босун, дол совхозал чIаго ругеб заманалдаго букIараб, жакъаги хIалтIизе биччазе бегьулеб хIалалда буго лъим тIинкIун лъалъаялъул (капельное орошение) система. Амма кисаха лъим щвелеб? Октябрьское росулъа лъим гIарцухъ кьезе шлюз рагьулеб Бамматбекюрт росулъе щвезегIан кIикъого километралъул манзил буго. Каналалъул нухда ругел росабазул гIадамаз кIванкьадисезул ракьазде щвезегIанго бикъа-хъамун лъугIизабулеб буго гIарацги кьун босараб Сулахъ гIорул лъимги. Гьедин бугониги, цIунизе кIвелин абураб хьулгун рагьун букIана кооператив. Баркала
«Дагъвино» тресталъе, кIудияб кумек гьабуна гьелъ: анцIго гектаралда чIезе цIолбол гъабу, хIубал, кварал кьуна. ХIалтIизе гъира букIана гIадамазул. ТIадежоялъеги, цIолбохъанлъиялъул иш мухIканго
лъалев ХIамзатги вукIана кидаго гIадин хал гьабулев. Пайда щиб, гьаб нухалъги лъалъалеб лъел суал роцIинабизе кIвечIо. Гьедин къазе ккана «Тидалиги», — ян бицана Рамазан МухIамадовасги.
Гьал киналго сапаразулъ, кIалъабасаязулъ дунгун цадахъ вукIана Октябрьское росулъа, инхокъварисезул рахъалдасанги росдал магIишаталъулгун производствияб кооператив гIуцIизе бокьарав
Юсуп ХIусенов. Жиндир заманалда Россиялъул рикIкIадаб ракьалда гIуцIун букIана гьес кооператив. ХIалбихьи букIиналъ гьеб ишалде тIаделъизе бокьун бугоан гьеси ва Дагъистаналда кин гьеб гIуцIун бугебали лъазаби букIана гьесул мурадги. Гьев разилъана ХIажи Баудиновас гьабулеб хIалтIудаса. Амма жиндирго гIагараб росулъ ХIажида гIадин гIадамал цолъизаризе кIвей щакаб бугин бицана Юсупица.
ПалхIасил, гьадинаб хIал буго гIатIиракьалда ругел росабазул жамагIатазул.