Республикаялда халат бахъунеб буго «Тохтур щвезаве» абураб, тохтурзабазе кумек гьабизелъун гIуцIараб, волонтеразул акция. Жиндирго машина бугев чияс радал хIалтIудеги, хIалтIудаса рокъовеги, гьединго, унтаразухъеги щвезавула тохтур. Гьеб акциялъул кумекалдалъун, гьанже тохтурзабазе рес щвана ковидалъ унтарал гIадамазухъе кIиго нухалъ цIикIкIун щвезе. Гьаб анкьил байбихьуда гьединал волонтераз МахIачхъалаялда, Избербашалда, Дербенталда ва Хасавюрталда кинабниги 50 батIияб адресалде щвезавуна...

