Зехидасел рази гьаруна

Чанго соналъ къачIачIел нухал ритIизаруна

 

 

«Дир Дагъистан — Дир нухал» абураб федералияб проекталда рекъон, ЦIунтIа районалъул Зехида росулъе бугеб нухлул кIиго километр къачIан лъугIана 27 октябралда. Гьеб росулъе нухал къачIалаго бан букIана чанго сон. ЦIадал ранщинахъе иххал рахъун, гвендазул цIун цIакъ тIаса квер босун хутIун букIана машинаби хьвадулеб нух. Гьанже росдал гIадамал рази руго кагъат гIадин ритIарал нухал къачIан кьуралъухъ.
Гьединго, Зехида росдал жамагIаталъ, росулъ рукIа-рахъиналъул суалал роцIинаризе кумек гьабуралъухъ баркала кьуна республикаялъул нухмалъиялъеги.