«Умумузул тарих магIарул мацIалда цIализе лъазе ккола…»

Бицун рагIун гуреб, бихьун лъарасда гурони бичIчIуларо казият биччаялъул хIалтIи, дандчIвалел захIмалъаби. Чангияз, бигьаяб ишин гьабизе байбихьун, хIал кIвечIого, рехунги тана гьеб. Мисалал гIемер руго.

 

Диналъе эркенлъи кьураб 1990 соналда, цIад бан хадуб гIурдахIаналгIанги гIемерлъана ритIухълъиян ахIулел, динияб темаялда гIуцIарал казиятал. Гьезул гIемерисезул гIумруги къокъаб батана.

МоцIида жаниб цо нухалъ, гIурусгун магIарул мацIазда къватIибе бачIунеб, жамгIиябгун политикияб ва диниябгун лъай кьеялъул «Нурул ислам» басмаялъе кьучI лъуралдаса исана лъеберго сон тIубала.

Дагьалъ цеве редакциялде гьоболлъухъ щун вукIана гьеб басмаялъул редактор, гIалим, публицист МухIамад ХIажиев. Казияталъул тIоцересел галабазул, жакъасеб къоялъул бицун гьесулгун гара-чIвариги гьабуна нижеца.

 

 

 

— МухIамад, 90-абилел сонал рукIана ресукъал. Казият биччазе сурсатал киса щолел рукIарал?

— Доб заманалда казият биччазе расги бигьаяб иш букIинчIо. ГIолохъанав тохтурасул харж дагьаб жо букIана. Дирго намусаб хасияталъ, казияталъе кумек гьабеян абизеги кIолароан лъидаго. ЗахIмалъулеб, казият биччай чIезе тезе бугин абидал, кIудияв эмен разилъичIо, гьеб ишги бусурбанчиясул гъазават бугин абуна гьес. КIудияс рухIияб къуват, кумек кьуна дие. Хадусел соназ СагIид афандияс гьикъидалги бицун букIана захIмалъулеб бугин казият биччазе. Кумек хIажалъани, жиндихъе вачIайин, амма казият биччай гьоркьоб къотIизе тогеян абуна гьесги.

 

 

— Бакълъухъа КIудиясул дарсал щвей — гьеб къиматаб кьучI буго чиясе. Киналго лъималазул лъималазе гьедин заман кьезе рес букIунаанищ тIарикъаталъул устарасул?

— БукIинищха. Амма дие эбел-инсуца рокъоб кьуралдаса цIикIкIун кIудияв инсудаса щвана тарбия-лъай. Щаялиго дир цIалиялде хасаб кIвар кьолаан гьес.

Мединституталде цIализе лъугьана 1977 соналда. КIиабилеб курсалда цIалулеб мехалъго бицен гьабун букIана КIудияс дие, Хъарани росулъ вугила лъикIав тохтур ГIабдужалилин абун. Сундуе гIоло гьес гьеб бицарабали дицаги пикру гьабун букIинчIо. Мединституталда цIали лъугIидал, интернатураялъул заманалда Шурагьив вукIана дун хIалтIулев. ЦIикIкIарал тохтурзабазул бербалагьиялда гъоркь гурони жалго эркенго хIалтIизе толароан доб мехалъ интернатура лъугIичIел чагIи. Гьединаб закон бугониги, Эрпели росулъе витIана хIалтIизе, гьенив терапевт хIажат вугинги абун. ЦIакъ бокьуларого вукIана, хъизангун, гьитIинаб лъимергун чияр росулъе ине. Эрпели росдал участкаялъулаб больницаялда ватана ГIабдужалил хIалтIулев. Гьеб мехалда ракIалде щвана чанго соналъ цебе кIудияв инсуца абун букIараб. ХIикмалъана гьесда аскIове дун ккеялдаса. Гьесухъ цIалана гIелму. Гьединал чагIи рукIунаха устарзаби, нилъеда бихьичIого, лъачIого нух рагьулел. 1983 сон букIана гьеб.

 

 

 

— ЛъикIаб, кIудияб казият буго нилъер «Ас-салам». Исламалъул бицунеб цоги казияталъул хIажалъи бугищ гьанже?

— БукIинчIебани «Нурул ислам» цебего къалаан. Казияталъ байбихьудасаго бачунеб аслияб тема буго Къуръаналда бугелда, хирияв аварагас бицаралда гьанжесеб гIелму дандекквей. Гьанже буго гIелму гъоб заманалда бицаралда хадуб гъолеб. Гьеб дандекквей нижеца кьола гIадатияб мацIалъ, пайда босизе бигьалъулел мисалаздалъун. Исламияб ва гьанжесеб гIелму бичIчIулел гIадамаз цIалула «Нурул ислам», цIалдолезул рахъалъан дандерижиги букIуна. «Ас-салам» гьабулезе букIина гьелъул кири, «Нурул ислам» гьабиялъул диеги букIиналда хьул буго.

 

 

 

— МухIамад, мун гIумруялъго тохтурлъун хIалтIулев вуго. Нилъер сахлъи цIуниялъул бутIаялда бугеб тIекълъи, хъантIи дуеги балъголъи батиларо?

— Имам ШафигIияс ракI унтун хъвалеб буго: «ШаргIияб гIелмуялдаса хадусеб жо буго тохтурлъи, насраниязги ягьудиязги гIадин букIине кколеб хIалалъ бусурбабаз тохтурлъи гьабулеб гьечIо», — ян. КъвакIараб иман гьечIони, гъурщица чи гуккулеблъи баянаб жо буго. Советияб заманалда медицина къуваталда букIана. Гъоб мехалъ кесарево сечение гьабулаан бищун цIикIкIун 5 процент улбузе. Гьанже 40 проценталъе гьабулеб буго. Аллагьас кинабго рекъезабураб тартибалда лъун буго лъимер гьаби, гьанжейин абуни гьелъул магIна биххизабун буго тохтурзабаз. Гьелдалъун кIудияб зарал буго эбелалъеги лъимадуеги. Операция гьабун бахъараб лъимерги загIипаб букIуна.

 

 

— Гьадинаб кIудияб эркенлъи диналъе кьураб заманалда инсанасул иман загIиплъи гьечIищ гIаламат…

— КIвар бугеб жо бичIчIуларого буго нилъеда, абадиялъ батулелде регIулел гьечIо магIишат гIуцIулаго, цIар балагьулаго. Пикру гьабурав чиясда бичIчIулеб кIудияб эркенлъи буго гьабсагIат нилъер улкаялда бусурбабазе. Рес буго гIелму босизе, дин гьабизе. Дунял бижаралдаса нахъе гьадинаб заман букIинчIо. Бокьилин ккарабщинаб щвараб, камураб жого гьечIеб заман буго гьаб. ГьабсагIат инсанасул гIумру гьабиялъул кIиго батIияб къагIидаялъул бихьи, бичIчIи буго. ТIоцебесеб — Аллагьасда цебе батизе, балъго лъикIаб гIамал, кIиабилеб — жамгIияталъул пикру, ай рихьдае гьаби, гIадамазда берцин вихьизелъун хIаракат бахъи. КIиго жо буго нилъер гIумруялда — гIибадатги гIадатги. ГIибадат — Аллагь лъан дуего гьабулеб, гIадат — гIадаталде сверараб гIибадат.

 

 

— Бищунго сундаса вохулев?

— Бусурбанчиясе гьабизе кIвараб кумекалдаса.

 

 

— Бищун рекIекълъараб щиб?

— ГIадада араб заман. ГIолохъанаб мехалъ ният букIана нусго тIехь биччазе. ГьанжелъизегIан, гIараб ма-цIалдаса магIарул, гIурус мацIазде таржама гьабун ва дицаго данде гьабун 22 тIехь биччана.

 

 

— КIудиял гIунин абун, лъималазе тарбия кьей гьоркьоб къотIизе тезе бегьулищ?

— Бегьуларо. Эбел-инсул малъиялде лъимал кидаго хIажатал рукIуна. Мунагьал чураяй эбелалъул малъи, тIалаб букIана дие херлъидалги. ГIакълу-лъай щун бугин, бугелда гIей гьабун, лъимал тезе бегьуларо, цIикIкIинабизе ккола гьездаса тIалаб.

 

 

— Миллияб мацIалде кIварго кьоларезда щиб абилеб?

— Нилъер изну гьечIо кIвар гьабичIого мацI кIочене тезе. Исламалда рукIарал нилъер умумузул тарих магIарул мацIалъ цIалун лъазе ккола.

Дица абила, магIарулал руго Аллагьасго тIаса рищарал чагIиян. МагIарулаз кидаго ислам кьучIалда гьабуна, гьединаблъун тIибитIизеги гьабуна. Нилъер магIарухъ, росабалъ школазде гIисинал лъимал рачIунел руго рахьдал мацI лъаларел, ай гIурус мацI бицунел. Гьединаб хIинкъараб хIалалде ккун буго жакъасеб гIумруялъул гIуцIи.

Гьединлъидал нилъеца хIаракат бахъизе ккола динги гIелмуги къвакIун, бацIцIадго кквезе.

ГьитIинаб мехалда дида кколаан 30 сон барав херав чи вугин. Жакъа дун вахун вуго 60 сонил ригьалде, гIумру буго хехго унеб жо. Бихьарасда гIадин гIумру лъаларо. Нилъеда цебе буго кьури гьечIеб абадияб дунял. Доб, абадияб, нилъехъа унареб хIалалда цIодорго рукIине ккела бусурбаби.