Вехьасул хIалтIудаса захIматабги гIакъуба бихьулебги хIалтIи гIемер батиларин ккола. Гьава-бакъалъул шартIазухъ, сордо-къоялъухъ балагьичIого, хIалтIулел гIухьби кидаго рукIана ва жакъаги руго реццалъе мустахIикъал гIадамал. Гьединазул цояв ккола 41 соналъ гIияда хадув вугев Макъсудов МухIамадрасулги. Гъуниб районалъул ЧIохъ росдал Хъумторхъала районалда бугеб СПКялъул гIиял бригадаялде ниж щведал, Кудалиса МухIмадрасулги ЦIияб ЧIикIаса Изаев ГIабдурахIманги нижеда ратана...

