Новость на родном

Декларация къабул гьабуна

      Республикаялъул Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Миллияб библиотекаялда тIобитIана ДРялъул Лъай кьеялъул ва гIелмуялъул министерствоялъул данделъи. Гьелда гIахьаллъана ДРялъул Халкъияб собраниялъулги ЖамгIияб палатаялъулги вакилзаби, министрал, вузазул ва профессионалияб лъай кьеялъул идарабазул нухмалъулел, муниципалитетазул лъай кьеялъул управлениязул нухмалъулел ва жамгIиял гIуцIабазул вакилзаби.      Данделъи рагьана ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас....

Новость на родном

24 азарго чияс-вакцина

      23 марталда республикаялъул нухмалъулесул ишал тIуралев Сергей Меликовги гIахьаллъун тIобитIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда бицана ковидалде данде вакцина гьабиялъул рахъалъ гьабсагIат ругел хIасилазул хIакъалъулъ.    Жакъа къоялде республикаялда прививка гьабуна 24 азарго чияс. Вакцина гьабиялъе жеги 3000 цIияб препаратги бачIун буго республикаялде.    А. ЮСУПОВ  

Новость на родном

ГIиял гьанги пурчIинадул хьонги

        «Магнит» абураб дармилаб централъ тIалаб гьабулеб буго нилъер гIиял гьан.      Гьелъул вакилзабаз лъазабуна жидеца босизе бугин бокьараб тайпаялъул гIиял гьан.     Гьединго гьез къотIи-къаял гьарулел руго магIарухъ гIезабураб пурчIинадул, ялъуни лъолъол гьабураб хьон, хурдузул чай, ахбазаналъул бахъараб сок ва цогидабги нигIмат босизеги. БацIцIадаб, татуяб, химия гъорлъ гьечIеб тIагIам жидерго...

Новость на родном

    Кидадай бецIун бахъина?

      БухIараб токалъухъ кьезе кколеб налъул рахъалъ нилъер республика тIоцебесеб бакIалде ккун буго РФялъул регионазда гьоркьоб.     Информалатазе гьединаб баян кьуна «Россети Северный Кавказ» абураб компаниялъ. Исана январь, февраль моцIазда жаниб налъи бахун буго 10-ялдаса цIикIкIун миллиард гъурщиде.     Гьелда гьоркьоса 6, 8 млрд гъурущ ккола гIадатияб халкъалъ кьезе кколеб. ХутIараб...

Новость на родном

Больница къачIазе 100 миллион

     23 марталда букIараб Оперативияб штабалъул данделъиялда Сергей Меликовас тIадкъай кьуна республикаялъул тIомолгун венерологиял унтабазул диспансер къачIазе. 1972 соналдаго бараб больницаялда гьелдаса нахъе цониги нухалъ гьабун гьечIо ремонт.    Гьебго къоялъ больницаялде щвана вице-премьер Анатолий Карибовасул бетIерлъиялда гъоркь комиссияги. Жанисанги къватIисанги къачIазе бугин больницайин абуна Карибовас. Ремонталъулал хIалтIабазе биччазе буго 100 миллион гъурущ.  ...

Новость на родном

ГIансиялъ росабалъе нух къана

         24 марталда Анцухъ мухъалде гIансиги тIун, 29 росулъе нух къотIана. Хехаб заманалда жаниб нух бацIцIад гьабизе бугин лъазабуна республикаялъул Транспорталъул министерствоялъ.    21 марталда Рутул районалъул ЦIахур росдада аскIоб гIансиги тIун, ичIго росу хутIана жанибе нухги гьечIого. 23 марталда гIансиги тIун, нух къотIана Гъуниб-Вантляшевский габурлъухъги. Гьебго къоялъ къасиялдехун цIидасан гIанси тIуна...

Новость на родном

Граната «ясикIо» гуро

      Хасвюрталъул №10 школалда, ОБЖялъул дарсил заманалда, кьвагьана РГД-5 граната.     Гьелъул хIасилалда лъукъана учитель. Лъугьа-бахъин ккана 23 марталда. Дарсида, лъималазда РГД- 5 гранатаялъул хIакъалъулъ бицунаго, гьеб тохлъукьего кьвагьана. Учитель лъукъун гурони, лъималазе зарал ккечIо. Лъукъарав шагьаралъул централияб больницаялде щвезавуна. Кин школалде гьединаб граната ккарабали цIех-рех гьабулеб буго.  А. ЮСУПОВ   

Новость на родном

Спортсменасда гIайиб батичIо

       23 марталда ДРялъул Верховный судалъ ритIухъ гьавуна 2018 соналда Росгвардиялъул хIалтIухъан Мурад Рамазанов чIваялда гIайиб гIунтIизабулев вукIарав ШагIбан Мачиев. Гьев ккола рагъулаб самбоялъул рахъалъ чемпион.    ХIалтIухъабазул баяналда рекъон, 2018 соналъул ноябралда, пуланаб клубалда кьвагьа-гIанхъиги рагIун, щиб-кинали балагьизе гьениве щварав М. Рамазановасда таманча речIчIун буго Ш. Мачиевас. Цогидаб баяналда рекъонин абуни, Ш....

Новость на родном

Москваялда ккараб дандчIвай

      24 марталда ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулпатахI ГIамирханов дандчIвана Россиялъул лъай кьеялъулгун гIелмуялъул министрасул заместитель Наталья Бочаровагун. Гьез бицана ралел бакIазулгун ракьул участкабазда хурхарал суалазул хIакъалъулъ.    Гьениб хIукму ккана республи- каялъул къайимлъиялда букIараб ракьул 50 гектар федералияб бетIергьанлъиялде кьезеги. Гьелъул бакIалда хисун республика- ялъе кьолеб буго цебе федералияб бетIергьанлъиялда букIараб, Дер- бенталда...

Новость на родном

Рии-их битIаги, хур цIун бачIаги

         Их тIаде щвей кIодо гьабулеб байрам букIана араб рузман къоялъ МахIачхъалаялда. ГIемермиллатазулаб Дагъистаналъул кьерал, магIарухъ гIурал нигIматазул махI, гIасрабаз цIунарал бакънал, умумузул ретIакъаялъулъ фольклоралъул гьунарчагIи — гьеб кинабго тIибитIун букIана ГIурус театралда цебе бугеб майданалда. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб къотIносан унелщинал лъалхъизарулел рукIана зурмил къвакъваялъги халкъиял гьунарчагIазул гьаракь-бакъаналъги.     Санайилго...