30 марталда Миллияб библиотекаялда тIобитIана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас хъвараб «Заманалъул матIу» абун магIарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъул презентация.
Нижеца цебехун бицун букIахъе, гьелда жанибе бачун буго магIарул аслияб газеталъул 104 сонилаб тарих.
Лъабго сагIаталъ халатбахъараб гьеб тадбиралда гIахьаллъана магIарул мацIги, газетаги, тарихги бокьулел, жал лъикIал ишаздалъун машгьурал магIарулал. Масала, ДРялъул бетIерасул гIакълучи, гьединго миллаталъул рухIияв цевехъан Сайгидпаша ГIумаханов, Жиддаялда РФялъул генералияв консуллъун вукIарав Багьавудин ГIалиев, ришватчилъиялда данде къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул нухмалъулесда цебе гIуцIараб Управлениялъул бетIерасул заместитель ГIалибег ГIалиев, ДФИЦалъул ИЯЛИялъул бетIерав гIелмияв хIалтIухъан ва филологиялъул гIелмабазул доктор, профессор МухIамад МухIамадов, гьебго институталда грамматикиял цIех-рехазул отделалъул нухмалъулев, филологиял гIелмабазул кандидат МухIамад МухIамадов, хIалхьиялда вугев ФСБялъул полковник ХIасанхан Ибрагьимов, тарихиял гIелмабазул доктор, этнограф МухIамадхан МухIамадханов, «Дагъистан» журналалъул бетIерав редактор МухIамад БисавгIалиев, гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцIул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадов, журналист ва жамгIияв хIаракатчи Шамил МухIидинов, адабияталда хасаб лъалкI тарал миллаталъул шагIирзаби Сабигат МухIамадова, ТубхIат Зургьалова ва гIемерал цогидалги магIарулал.
Гьезул киназего «Заманалъул матIу» сайгъат гьабун букIаниги, тадбир нухда бачарав ЧIарадаса Ибрагьимил МухIамадица байбихьуда рехсана гьениса цо-цо мисалалги. Гьелъ цебе чIезабулаан 104 соналда жаниб магIарул журналистика цебетIураб къагIида гуребги, колхозалгун ликбезалги гIуцIун республикаялда байбихьараб батIияб заманги.
«Партиялъулги хIукуматалъулги политикаялда рекъон, басриял гIадатазда данде кколебги кколаребги рагъ гьабулеб мех букIана доб. Гьеб жо загьир гьабизе газеталдаги тIадаб букIана.
Масала, 1937 соналъул 31 августалда газеталда бахъараб заметкаялда хъван бугоан гьадин: «Гумбет районалъул МелъелтIа комсомолалъул организациялъул инициативаялдалъун гIуцIана безбожниказул организация. Организация гIуцIараб къоялдаса нахъе гьеб активияб къагIидаялда хIалтIулеб буго», — ян бицана Ибрагьимил МухIамадица.
Доб заманалъул матIу бихьизабулеб цойги мисалги рехсана МухIамадица гьеб тIехьалдаса:
«КъахIиб районалъул ЦIекIоб росулъе кино бачIун букIун, гьелъухъ балагьизе гIемераб халкъ, руччабиги бихьиналги, данделъун рукIана. Нахъе ккарал, магIаруллъиялъул бецIал росабазул бер рагьизабизе киноялъул бугеб цIикIкIараб пайдаялдаса лъицаго инкар гьабиларо. Гьедин бугониги щиб, халкъалда гьоркьор гьанжеги ратулел руго басриял гIадатазул гудрикьа рорчIичIел, батIаго цIакъ руччаби, рахсида рарал гьаби гIадин, рукъалъул бокIнида чIезарун, къватIире рахъун дунялалъул канлъи бихьизе течIого, жидерго ихтиярал бечед гьаризе къваригIарал чагIи. Гьеб киноялъухъ балагьизе унин абун, ГIабдулагьов Давудица жиндирго чIужу гIемер кутакалда кьабун, гьей мискиналъул къаркъалаялда хъахIиллъичIеб бакI хутIун букIинчIо. Гьединал, руччабазул ихтияразде гьужум гьабулел гIалхулазда пролетаралъул законалъ руччабазул ихтиярал кин цIунилелани рихьизаризе ккела».
Макъалаялъул авторал рихьизарулеб къагIидаги батIияб букIун буго доб мехалда. Масала, инициалал лъун яги тIокIцIарал хъван толел рукIун руго.
МацIазул гIалимчи хIисабалда, Ибрагьимил МухIамадица кIвар буссинабуна магIарул газет-журналалги радио-телевидениеги болмацIалъул кьучIалда гIуцIун букIиналдеги. Цогидал миллатазулъ гьечIо гьединаб хаслъи. Гьелда бан Къуръангицин гIурус мацIалде буссинабурав машгьурав гIалимчи Нури ГIусмановас абурал рагIабиги рехсана МухIамадица:
«Гьес абуна нуж, магIарулал, ругила нужерго мацIалъул къимат гьабизе лъаларел чагIи. Гьединаб мацI (болмацI) Дагъистаналда лъилниги гьечIила. Даргияв вукIаниги, аскIоб бугеб росдал мацI бичIчIуларила жиндаян абулаан Нури ГIусмановас. Гьединлъидал Москваялда ругел гIалимзабаз даргиязул мацI 17 батIияб мацIлъун чIезабуна. Гьеб рахъалъ нилъер болмацIалъул кIудияб пайда буго киназего – ГIандир, ГIахьвахъ, ЦIумада ругел, гьединго хъвай—хъвагIай гьечIел цогидал гIадамазеги.
Абухъего, жал магIарулал гурин абулел харбазеги ахир лъезе ккун буго. Нилъ цо руго. Тарихги цо, кьучIги цо буго».
Хадуб рагIи кьуна тIехьалъул автор Пайзула Пайзулаевасе. Газеталъул тарих мухIкан гьабулаго гьес бицана: «1917 соналъул 3 апрелалда МахIач ДахIадаевасул нухмалъиялда гъоркь «Заман» газеталъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIана. Гьесул кумекчIужулъун йикIана лъади Написат. Гьей кколаан Шамил имамасул вас МухIамадшапигIил яс.
МахIач чIван хадуб «Заман» газета гIемераб заманалъ бачIинчIо.
Гьелъул тIоцебесеб номер къватIибе бачIун хадуб чанго къо индал, биччана «Аваристан» абураб газета. Амма гIезегIан мехалъ гьелъул цIар рехсолеб рагIун букIинчIо магIарул газеталъул тарихалда.
Нижеца гьеб рикIкIана кIиабилеб газеталъун. Щайгурелъул МахIачил рахъ ккурал гурелги, рукIана гIадамал либералияб рахъалда ругелги. Щайин абуни, гьелги магIарулал кколаан, гьезги биччана магIарул мацIалда газета. ГIажамалъ хъвараб гьелъул кIиго—лъабго номер хIал—балалъ щвана кодобе. Цо—цо чагIазул рокъор гурони, архивалдаги гьел цIунун ратичIо».
Пайзула Пайзулаевасул рагIабазда рекъон, гьеб нусго соналда жанив магIарул газеталъул бетIерав редакторлъун вукIана 15 чи. Гьединго хисун буго 12 батIияб цIарги.
Бищун кIудияб тираж букIана «БагIараб байрахъ» бугеб мехалда – 40 азарго экземпляр.
Хадурккун республикаялда ва гьеб бахун къватIирехунги машгьурлъарал цо-цо миллатцоял байбихьуда магIарул газеталда хIалтIулел рукIиналъулги бицана авторас. Масала, Расул ХIамзатов вукIун вуго росдал магIишаталъул отделалъул нухмалъулевлъун. Гьединго Расулил вац ХIажи ХIамзатовги, Халил ПатагIалиевги, Фазу ГIалиеваги, ПатIимат Хизроеваги гьенир хIалтIун руго корректораллъун, таржамачагIилъун.
Жинца архиваздаса цо-цо хIужаби тIехьалде росичIогоги танин бицана Пайзула Пайзулаевас, дагьал тIадагьал, релъизе бачIунел гIадал рукIун. Амма заман додинаб букIун, доб мехалда гьел гIадатго къабул гьарулел рукIун руго.
Улка тун къватIиве инегIан машгьурав художник Мусаясул Халилбег вукIун вуго редакциялда художниклъун.
1951-1958 соназда Дагъистаналъул киналго миллиял газетал рачIунаан «Дагестанская правда» газеталъул дубляж гIадин.
Гьеб мехалда газеталъул бетIерав редактор МухIамад Шамхаловас республикаялъул нухмалъулев ГIабдурахIман Данияловасде хитIабги гьабун, гьел газетал жалго жидедаго чIараллъун гьарун руго.
Данияловас данде ракIаридал, цогидал редактораз хIукму гьабун буго жидерго газетал анкьида жаниб лъабго нухалда рахъизе, Шамхаловас абун буго жидеца щуго нухалда бахъилилан. Амма гьеб мехалда редакциялда рукIун гьечIо гьелъие гIурал хIалтIухъаби. РукIинчIониги, хадубккун гьес кутакалда махщалида гIуцIун буго гьеб хIалтIи.
Гьединлъидал газеталъул тарихалда жаниб МухIамад Шамхаловас тараб лъалкIалъе къимат кьолаго, Пайзула Пайзулаевас абуна тIубараб гIелмияб институталъ гьабулебгIанасеб хIалтIи гьабунила гьес мацI роцIинабиялъулги кадрал хIадуриялъулги рахъалъ.
Данделъиялда гIемер ракIалде щвезавуна МухIамад Шамхалов. БукIине кколедухъ пикруялъе эркенлъи гьечIеб заманалда газеталъе нухмалъи гьабурав гьев ахиралда «ВатIаналъул унти» абун къисматалъ улка тун къватIире рачарал дагъистаниязул хIакъалъулъ асар хъван хадув обкомпартиялъ гьесие бадибчIвай гьабуна.
Пайзулаевас баян гьабухъе, Турциялде унел СССРалъул журналистазул группаялъул нухмалъулевлъун вукIун вуго Шамхалов. Дова магIарулалгун дандчIван хадуб хъвараб пашманаб асар ккола «ВатIаналъул унти».
Гьелъухъ выговор щун хадуб цоги нухалдаги щола гьесие бадибчIвай. Газеталда бахъун букIуна Унсоколо районалъул «Ахихъан» газеталъул бетIерав редактор МухIамад Гунашевас хъвараб «Дир байрахъулал» абураб кечI. МахIачги Шамилги жидер районалда рахъанин абураб хIасил букIана гьелъул.
Гьебги хIалае ккун, тIадежоялъе гьеб мехалда нухмалъиялдаса нахъе арав ГIабдурахIман Данияловасул чилъунги рикIкIунев вукIун, партиялъул обкомалъ МухIамад Шамхалов хIалтIудаса нахъе вахъула гIумруялъул сонал 62-йилъе рахиндал.
Шамхаловас куцарал журналистазул цояв вукIана гьеб тадбиралда – гIезегIан соназ газеталда хIалтIарав Дагъистаналъул халкъияв хъвадарухъан МухIамад ГIабдулхIалимов.
Гьанже газета хIадуризе кIудияб кумек интернеталъул бугин, амма жидер заманалда журналистал гьитIинабго макъала хъвазелъун мугIрул тIогьиб бугеб колотIегицин щвезе кколаанин бицана гьес. Гьедин ЛъаратIа районалъул ЦIумилухъ росулъе унаго, хъархъидаги бан горде бихъиялъул мисалги бачана гьес. Росдал жамагIаталъулгун дандчIваялде кин иневали лъаларого хутIарав МухIамадица гьеб букъун бугоан зазица картIалги рахъун, кунал бакIалда херги хIалтIизабун.
Пайзулаца хъвараб гьеб тIехь цIалидал, цевегоялдаса вихьичIев божарав гьудул вихьарав гIадаб асар лъугьанин, гьеб къватIибе бачIин жиндир рекIел гIидлъунги кканин абуна Шамил МухIидиновас. Гьенир рихьизарурал гIадамазул гIемерисезулгун жиндир лъикIаб лъай-хъвай букIанинги тIаде жубана гьес.
«ГIумруялда жаниб тIокIаб жоги гьабичIого, гIицIго гьаб тIехьги биччан чIараванигицин гIолаан Пайзулае. Чанго батIияб архивалде ваккун, гьабгощинаб хIужа данде гьабурав гьесие майилан докторлъи кьезе бегьула», — ян абуна Шамил МухIидиновас.
Хадубго гьес ракIалде щвезабуна газеталда хIалтIулаго араб сонги, жинцаго гьениб ургъараб «БурутI» гьумерги.
Россиялда цIалулев вукIун жиндие рес ккечIин школалда магIарул мацI лъазабизеян бицана гьениб СагIудиязул ГIарабиязул Жидда шагьаралда Генералияв консуллъун вукIарав Багьавудин ГIалиевас. Жинда гьеб лъанила иргаялъ гIиязде унелъул, чед-хIанги гъорлъ жемун эбелалъ кьураб «БагIараб байрахъ» цIалулаго. Заман иналъе гьеб цIалулев вукIунаанила жив.
Дагъистаналда ракь багъарун хадув цогидал лъималгун Ивановоялде витIарав гьесда цадахъ Гъизилюрталдаса васал рукIун, гьездасан лъан буго Багьавудинида хадубккун гьеб мацI.
«ХIакъикъат» газеталъулгун жиндир щулияб бухьен букIунин абуна гьес. Жиндир лъикIаб гьудуллъи бугила цевесев редактор ГIали Камаловасулгун, гьанжесев нухмалъулев ГIумахан ГIумахановасулгун ва гьесул заместитель Пайзула Пайзулаевасулгун. Газеталъул сайталдасан Жиддаялда вугеб мехалдаги цIалулаанила жинца гьеб.
Нусго сон бараб магIарулазул миллияб газеталъул тарихалъул хIакъалъулъ баянал квер щолеб бакIалда рукIинчIин къваригIарав чиясе гьанжелъагIанилан абуна гьениб МухIамад МухIамадовас.
«Гьаб тIехьги рагьун, гьел баянал гьанже бокьараб мехалъ щвезе рес буго. Дида ккун букIана дидаго лъалареб жо букIинадай гьеб тIехьалдаян. Батана. Мисалалъе, байбихьуда гIажам мацIалъ биччалеб букIараб газеталъул хатI, нилъер мацIалдеги буссинабун кьун буго, гьелъ кIудияб асар гьабуна. Гьединго газеталъул юбилеялъул соналда хурхунги гIатIидаб баян кьун буго Пайзулаца: цин гьелъул юбилей 1920 соналъ букIанин, хадубги 1917 соналде бахъанилан абурал бакIал мухIкан гьарун руго. ГIадатияв чиясе гуребги, гIелмияв хIалтIи хъвалев чиясеги хIажатал баянал руго гьенир.
БитIараб бицани, гьадинал тIахьал нилъер гьанир ахираб заманаялъ гIемерал рахъичIо. КъватIире риччалел тIахьал кьабун кучIдузул цIурал рукIуна. Гьаб тIехьалъ хасаб бакI кквезе буго нилъер гIагараб мацI цIунизеги, лъаларезда гьеб малъизеги. Нилъеца гьединго цIакъ гIемер бицунеб буго миллияб мацIалда бахъулеб цого цо бугеб газеталъул тираж цIакъ гIодобе кколеб бугиланги. Амма дагьабги квеш букIинаан иш гIаксалда букIарабани —газеталъул тираж цIикIкIун, халкъ дагьлъун букIарабани. Узухъда, газетал цIалулел чагIи дагьлъулел рукIин рекIекълъизе ккараб иш буго. Хьул буго гьезул къадар гIемерлъилилан. Хасго баркала кьезе бокьун буго газета халкъалъухъе щвезе, гьеб цIунизе кIудияб квербакъулел, гьелъие спонсорлъи гьабулел гIадамазеги».
Цо заманалда «ХIакъикъат» газеталъул жавабияв секретарьлъун вукIарав ДибиргIали Хазамовасги ракIалде щвезабуна редакциялда хIалтIараб заман. Хадубго тIаде жубана газеталда тарихалъул гIемер бицани лъикI букIинилан. Масала, республикаялдаго тIоцевесев археологлъун вукIарав гIолохъанго нилъедаса ватIалъарав Дибир Атаевас 1962 соналъго биччараб «Авары средневековья» абураб тIехьалдаса материал бахъизе бегьилаанин абуна гьес.
ДибиргIали Хазамовас гьединго ракIалде щвезабуна 1960 соназда газеталда бахъараб ТIелекьа Хъазамил ГIамиргIалица хъвараб тарихияб кечIги. 1877 соналъ гIурус аскариязда гъорлъ Турциялда данде вагъулеб мехалъ ккарал лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ хъван букIун буго гьес гьениб. Турказул аскаралда, магIарулазда гъорлъ вукIун вуго доб мехалъ Шамилил вас ГъазимухIамадги. Рагъулаго жидецаго цоцаде ахIулел рукIарал рагIабиги руго гьес кочIолъ рехсон.
«Хадув лъукъизеги лъукъун, росулъе щварав чиясда, росуги бухIун батун, чанго чи Сибиралде витIун ватидал, гьениса живго нахъе араб куцалъул, хадув сахлъун хадув кIиабизеги росулъе вуссиндал, росдал кIалалде щведал жиндиего гьабураб асаралъул бицунеб халатаб, амма асар гьабулеб кечI буго. Гьединаб къанагIатаб жанралъул кечI дида тIокIаб кибниги дандчIвачIо. Гьединаб тайпаялъул материалал гIемерал руго «ХIакъикъаталъул» церегосел гьурмазда. ЛъикIаб букIинаан, гьел киналго дандеги росун, Пайзулагьица цоги тIехь биччани», — ян абуна ДибиргIали Хазамовас.
1990-абилел соназда ИЯЛИялъул хIалтIухъабиги гIахьаллъун гьесдаги цогидал журналистаздаги ракIалда букIун буго магIарул грамматикаялъул тIехь хIадур гьабурав П. Усларил кваранаб кверлъун вукIарав ЧIикIаса Айдемирил цIаралда фонд рагьизе. Амма мацIазда хурхун хIадурараб законалъул проект къабул гьабизе букIараб къасдалъул хIасил ккун гьечIо доб мехалъ.
Гугариялъул рахъалъ Европаялъул щуцIул чемпион КъурамухIамад КъурамухIамадовги кIалъана гьенив:
«Доб мехалъ бокьараб цIияб хабар батаниги, спорталъул гIумруялда ккараб батаниги, кинабго информация кьолеб алат букIана «ХIакъикъат». Жакъасел спортсменазда гьелъул къиматги хIажалъиги бичIчIуларо. Амма дицаго рокъоб цIакъ тIадчIей гьабулеб буго лъималазда рахьдал мацI лъазе, гьез гьеб бицине букIине. Бахчиларо, дирго хъизаналдасацин тIалаб гьабулеб буго гьебго, гьелда мацI малъизеян лъугьун бетIер хъахIлъулеб буго дир (залалда релъи —авт.).
Жакъа шагьаралда гIемераб гIел буго росу—ракьалъул тарих, умумузул мацI лъалареб, гьебни щиб, жидерго эбел—инсул росулъе щвечIел, кIодоинсул хоб бугел бакI лъаларел лъимал руго гIемерал. Амма дица дирго лъимал гьедин течIо. ЦIияб соналъул каникулазул заманалда гьелги рачун росулъе ана 10 къоялъ, гIемераб жо бихьизабуна гьезда -нилъерго берцинаб тIабигIат, умумузул ахал, хурзал, гьез гIетIги тIун гIезабураб магIишат, рарал минаби.
Гьедин гьабичIони, кигIан нилъ гаргалел ругониги, хIасил кколаро, цереги рилълъун бихьизабизе ккола щивас. Жакъа гьаниб тIобитIараб тадбир цIакъ берцинго ана, баркала нужее. Гьединал мажлисал гIемер гьаризе къваригIун буго. Лъале—хъвалезда бицун дицагоги рагIизабила жакъа гьаниб букIаралъул хIакъалъулъ. Инсуца абулаан цебе магIарул годекIабахъ дандралаанин кIвар бугел киналго суалал. Гьенир чIахIиязул гIакълуялъухъ гIенеккулаанин. Гьелъ цIунун хутIун букIанин доб мехалъ цоцада гьоркьоб вацлъиги, гьуинлъиги, рекъелги. Жакъаги гьебго мисалалде руссине къваригIун буго нилъее».
Лъабго сагIаталъ халатбахъараб гьеб данделъиялда тIехьалъул бицун ва миллаталъе гьабураб сайгъаталъухъ Пайзула Пайзулаевасе баркала кьун кIалъана Сайгидпаша ГIумахановги, МухIамад БисавгIалиевги, МухIамадхан МухIамадхановги, ЦIумада районалъул цIияв нухмалъулев Шамил ГIумаровги, Болъихъ районалъул нухмалъиялда вукIарав МухIамад ПатхIулаевги. Миллиял мацIал цIуниялъе «ХIакъикъат» газеталъул коллективалъ гьабулеб бугеб хIалтIухъ баркала кьун кIалъана ГIалиасхIаб Хархачаев, АхIмад ГIазизов, МухIамад Манапов, ТубхIат Зургьалова, Сабигат МухIамадов, МухIамад Насрулаев, БежтIаса МухIамад Къебедов, Хадижат ШихгIалиева ва жеги гIезегIан миллатцоялги.
P.S. Презентациялъул ахиралда шапакъатал кьуна МухIамад Шамхаловасул цIаралда дагьалъ цебе «ХIакъикъат» газеталъ тIобитIараб конкурсалда бергьарал ТубхIат Зургьаловалъе (1 бакI), ГIиса Шарапудиновасе (2 бакI) ва ТIалхIат Ахъбердиевасе (3 бакI).
Гьединго газеталъул бетIерав редактор ГIумахан ГIумахановас баркалаялъул кагътал кьуна редакциялъулгун лъикIаб гьудуллъи бугел миллатцоязеги.
Зульфия ХIАЖИЕВА