Вехьасул хIалтIудаса захIматабги гIакъуба бихьулебги хIалтIи гIемер батиларин ккола. Гьава-бакъалъул шартIазухъ, сордо-къоялъухъ балагьичIого, хIалтIулел гIухьби кидаго рукIана ва жакъаги руго реццалъе мустахIикъал гIадамал. Гьединазул цояв ккола 41 соналъ гIияда хадув вугев Макъсудов МухIамадрасулги. Гъуниб районалъул ЧIохъ росдал Хъумторхъала районалда бугеб СПКялъул гIиял бригадаялде ниж щведал, Кудалиса МухIмадрасулги ЦIияб ЧIикIаса Изаев ГIабдурахIманги нижеда ратана гIиял рехъенгун авлахъалда ва гьенибго ккана гьезулгун гара-чIвариги.
— МухIамадрасул, кинха бугеб вехьасул хIалтIул иш?
— Гьаб расги бигьаяб хIалтIи гуреблъи киназдаго лъала. Амма цIакъго квешаб бугинги абиларо. ЧIараб бакIалда, хъутабазда цIикIкIараб захIмат баччизе кколаро, амма нухдаги, ниж щолел ЛъаратIа районалъул мугIруздаги гIезегIан захIмалъаби дандчIвала.
— Дурго хIалтIул къоялъул бицани…
— ГIи къинлъулеб заманалда хIалтIи байбихьула радал 6-ялда ва халат бахъуна къаси 1-2 тIубазегIан. Гьедин хIисаб гьабуни, хIалтIул къо бащалъула 20-21 сагIтида.
Амма гьединаб низам кидаго гуро букIунебги. Цо моцIалъ кIвараб яхI бахъизе ккола, хутIараб заманалда хIалтIи уна сезоналда рекъон. Нижее бихьизабураб гIодобкъо гьечIониги, хIажалъи ккедал цояз цоял хисула, отпускалъги уна 10-15 къоялъ.
— Дуего бокьун тIаде босараб хIалтIийищ гьаб яги…
— Дица лъугIизабуна техникум, дун ккола зоотехник. ГIияда вукIарав эменги херлъун, гьесул бакIалда цо нухалъ ун, кIиго нухалъ ун, бригадирлъун вукIарав вакьадасе кумек гьабулевин абун хутIана вехьлъуда.
Амма цебе вехьасе щолаан лъикIаб мухь, нижерго гIи бихьизабураб нормаялда рекъон гурони хьихьизе толароан. Гьаб заманалда щолеб мухь дагьаб бугониги, вехьасул ихтияр буго СПКялъул гIияда цадахъ 300-гIанасеб бетIер жидергоги хьихьизе.
— Жакъа дур тIалабалда чан гIиялъажо бугеб?
— Гъоркьиса соналъул июлалдаса нахъе дидаги ГIабдурахIманидаги хадуб букIана 1400 чахъу.
Къинлъарал цогидазухъеги ун, гьабсагIаталда буго 600- 650-гIанасеб бетIер.
— Щолеб мухьалъул бицани…
— БетIер рикIкIун — 25 гъурущ. Гьабураб къотIи-къаялда рекъон, учузаб багьаялде 3 куйги кьола (хадуб гьеб гIарац тIаса ккола дир мухьалдаса). Щибаб моцIалъ чIобого кьола 9 кило гьаналги 24 кило ролъулги.
— Дурго чан гIиялъажо бугеб?
— ГьабсагIаталда буго 15-20 бетIер, гьелги СПКялъ хьихьула чIорого. Дир буго 4 хIайванги, гьезиеги харил рахъалъ кумек гьабула магIишаталъ.
— Гьаб буго гIи къинлъулеб заман. Бахъараб кьегIералъухъ мухь кьолищ? Дурго гIиял къунцIараб квасул къисмат кинаб букIунеб?
— КьегIер лъикI бахъани, цIикIкIуна кьолеб гIарцул къадарги. Квасул къимат гьечIелъул, цIазеги цIан къунцIараб квас нижеца кьола СПКялде. Бичизе кIвараб багьа гьелъ нижееги кьола.
— ГIемер кколищ гIи бикъа-хъамиялъул, хъумуралъ чIваялъул хIужаби?
— Ахираб заманалда цIогь гьечIо. Амма гIемерлъун руго бацIал. Дагьабниги ниж тохлъани, гIи пасат гьабизе хIадурго рукIуна гьел. Нижер руго цIакъал гьаби. БетIергьанасул ва гьезул кумекалдалъун ахирал соназда цониги ккечIо хъурмица гIиялъажал чIваялъул хIужаби. МагIарда гIемерлъун руго циялги.
-ГIемер кватIичIого байбихьула гIи магIарде гочинабизе. Кинал захIмалъаби гьеб заманалда нужеда дандчIвалел?
— ХIакъикъаталдаги гIемераб къо бихьула. Санайил къварид гьабула гIиялччубури (скотопрогон), дагьлъулеб буго кваназе гIи биччазе бегьулеб бакI. ГIемерал бакIазда нухал руго хун, цо-цо бакIаздаса хIама-чу бачине кIвеялдаса ун буго иш. ГьечIо гьезухъ балагьулев, гьел къачIалев чи.
— ТIаде вачIунев чиги гьечIони, дур кьерилазги дагь-дагьккун гьаб хIалтIи тани, хадуб щибха ккезе бугеб?
— ГьабсагIаталда кумек хIажатаб хIал буго. ХIалтIулев чиясул къимат гьабуларогоги гьечIо, кьола гIарцулал премиялги, цогидал сайгъаталги. Чанго соналъ цебе диеги кьуна «Заслуженный животновод России» абураб цIар. Амма лъикIал шартIал ругел бакIазде хIалтIизе унин абун лъиданиги гIайибчIвазе бегьуларо. Кьолеб мухьги цIикIкIинабун, гьаб хIалтIи бокьуледухъ лъикIал шартIалги чIезарун гIадамазул гъира базабизе бажарани, гIияхъанлъиялда рухI речIчIилаан.
Гьенибго ниж дандчIвана 51 сон гIияхъанлъиялъе кьурав, хIалбихьи бугев вехь, Гъуниб районалъул ГIобохъ росулъа «Дагъистаналъул халкъияв бахIарчи» ГIабдулбасир ГIабдулбасировгунги.
— ГIабдулбасир, дуца бан буго 67 сон. 51 соналъ гьабун буго вехьлъи. Жакъа хIисаб гьабуни, гIадада араблъун рикIкIунищ дуца гьеб заман?
— РикIкIунаро. Дица тIаса бищана гьаб, гьалдаса букIана бетIербахъи. Бихьана гIезегIан захIмат, лъана гIатIилъи-къварилъиялъул къимат. Гьаб хIалтIуда бечелъизеги бечелъичIо дун, мискинлъиялдаги вукIинчIо.
ГIабаш ГIАБАШИЛОВ