МахӀачхъалаялъул аэропорталда рагьана халкъазда гьоркьосеб терминал. Гьелъул кумекалдальун аэропорталъ лъагӀалида жанив къабулгьавизе вуго 300 азарго чи. Гьеб ккола цебеялда данде ккун лъабго нухалъ цӀикӀкӀун. Терминал рагьиялъул тадбиралда гIахьаллъана ДРялъул бетIерасул ишал тӀуралев Сергей Меликов, РФялъул транспорталъул министрасул заместитель Игорь Чалик, Дагъистаналъул пачалихъияв секретарь Хизри Абакаров ва цогидал. «ЦIияб терминалалъ рес кьезе...

