Гъуниб — цIияб санаторий

 

    Араб анкьалда, ДРялъул бетIерасул ишал тIуралев Сергей Меликовасул тIадкъаялда рекъон, Гъуниб районалде сапар гьабуна ДРялъул хIукуматалъул председателасул заместитель Мурад Казиевас.

     Сергей Меликов 22 июлалда щун вукIана «Гъуниб» Республикаялъулаб лъималазул санаториялде. ДРялъул бетIерасул ишал тIуралес тIадкъан букIана санаториялда бугеб ахIвал-хIал камил гьабиялъе хIажатал тадбиразул хIакъалъулъ пикраби хIадуреян абун.

    Санаторий хIалтIулеб буго 1980 соналдаса нахъе ва гьениб хIухьбахъиялда цадахъго щула гьабула лъабго соналдаса 15 сон базегIан лъималазул сахлъи. Аслияб къагIидаялда гьенир рукIуна гьуърузул унтаби ругел лъимал. Щибаб соналъ гьенибе бачIуна 1200-ялдаса цIикIкIун лъимер.

    Санаториялъул нухмалъиялъ абуна, регионалда ругел унтарал лъималазул хIисаб гьабидал, гьабсагIаталда санаториялда ру- гел бакIал цIакъго дагь ругин абун. ЦIияб мина бани, рес щвезе буго Россиялъул регионаздаса лъимал къабул гьаризегиян бицана гьениб.

    Сапаралъул хIасилалда пикру ккана санаториялъе цIияб мина баялъе хIажатал проекталъулгун сметаялъул документалги хIадурун, 2023 соналда гьеб базе байбихьизе. Мурад Казиев щвана районалъул цогидал социалиял объектаздеги.