29 июлалда кутакаб чвахунцIадги бан, кIудияб зарал ккана ЧIарада районалъул Арчиб администрациялде гъорлъе унеб Хилихъ росдае. Гьебги малъун, кинабниги анкьго росу буго арчисезул администрациялде гъорлъе унеб. Гьезда гьоркьоб, 62 цIараки бугеб Хилихъ ккола бищун кIудияб. Араб хамиз къоялъ гьезул 34-ялъе кIудияб къварилъи ккана.
Анлъго мина-рукъ тIубанго биххизабуна. АнцIгоялдасаги цIикIкIун минаялъул рукъзабахъе лъим кIанцIун, жаниб бугеб къайи-цIа хвезабун, хIаталдаса араб зарал ккана гIадамазе. Жанире руссине бакI гьечIого хутIарал гьел, гьанже гIага-божараз жидерго гъоре рачун хIебтIун руго.
Бищунго цIикIкIун зарал ккаразул цояв вуго ГIабдула Пайзудиновги. Цевеккун кIигониги болжалалъ Хилихъ росдал администрациялъул нухмалъулевлъун вукIарав чиги ккола гьев.
ХIарщулъ къан хутIарал хьулал, иххица босун араб магIишат
«ТIубанго мина-рукъги биххун, дунго гIадин, хутIана дир вацгIалги. ГьабсагIат гьев гIага-божаразул дове вахъун вуго, дун якьадалъул дове вахъине ккана. Гьединго руго цогидалги. Амма жибго заралалъул бицани, валлагь кканаха. Нижер росдал тарихалда жаниб жеги гьединаб гьалагаб цIадги бан, гIадамазул рукъзал риххизарураб хIужжа ккун букIинчIилан бицана херал чагIазцин. Гьединаб ракIалда гьечIеб жо ккана араб хамиз къоялъ. Щиб гьабилеб, тIабигIияб балагьалда цебе хIетIе ккун нилъехъа бажарулеб гьечIелъул.
— Нужехъе щал рачIарал къварилъи ккун хадуб? Республикаялъул тIалъиялъ кумек гьабизе рагIи кьечIищ?
— РачIана, валлагь. ТIоцебесеб къоялъго Арчиб росдал администрациялъул бетIер вачIана, районалъул бетIерасул нухмалъулесул заместитель МухIамад ГIумаровасухъе дицаго ахIун, гьев вачIана нижехъе. Халкъияб Собраниялъул депутат МухIамад СагIадулаевасул вакил хIисабалда, ЦIуриб росдал администрациялъул нухмалъулей МуртазагIалиева Муслиматги ячIана. МЧСалъул вакилзабаз абуна жидехъа нужее кумек щоларин, щайин абуни, цIадаца риххизарурал минабазул цонигиялъул «зеленка» гьечIилан багьана бачана гьез.
Дир буго 1966 соналъго мунагьал чураяв инсуца кьураб участокалда бараб мина, доб мехалъ «зеленкадул» тIалаб гьабулев чиги вукIинчIо. Исана гьеб документ гьабизе бокьунги вукIана дун, амма гьелъие квербакъизехъин вукIарав лъалев вас (гIолохъанчи), машинаялъ аварияги гьабун, чIвана. ЧвахунцIадал ралелде чанго къоялъ цебе гIадин ккана гьеб ишги. Гьедин хутIун букIана «зеленка» гьабичIого.
Гьале анлъабго къо буго росулъе машинадул нух гьечIелдасаги. Росулъе вачIунев чи вугони, гъоба ахада, щуго километралъ рикIкIадегIан машинаги тун, лъелго вачIине ккола. Къокъго абуни, ниж лъиениги хIажат гьечIилан абураб гIадаб асар буго дирги цогидазулги рекIелъ рещтIун. Гьале анлъабго къо буго росулъе нух къотIун бугелдаса, токги гьечIо цо-цо минабахъ, амма гьавилан абун хIукуматалъул рахъалдаса нижехъе вачIарав чи ккечIо», — ян бицана ГI. Пайзудиновас.
Ккараб заралалъул бицине лъугьани, сордоги къоги гIеларилан вугоан ГIабдула Пайзудинов. 1979 соналдаса нахъе хъизаналъги гьесги данде гьабураб магIишат тIири течIого ана иххица. ЦохIого цо, къватIисел улкабазде унелъул хIажалъулеб паспорт гурони, тIокIаб документги кодобе щун гьечIо. 500000 гъурущ гIарацги рокъоб букIараб къайи- цIаги — кинабго ун буго гьесул босун. Гьединабго зарал ккун буго вацгIаласеги. Ихх жанибе кIанцIун, хIарщул цIун ругел рукъзабахъе нухги щвечIого, кIиго къоялъ чияца кьураб ретIелги ретIун вукIанин гьевин бицана ГIабдулаца. Ахирги, тIохде щула гьабураб квариде живгоги вухьун, рокъобе жанибе нух бахъизе кIун буго ГI. Пайзудиновасул вацгIаласда.
Бекараб ракI нахъойги чIунтизабуна, цIадги бан
1992 соналъго рукъалъул бетIергьанчиги хун, къороллъуда хутIарай Рамазанова ГIарцулалъулги кIитIалаяб мина биххизабуна гьалагаб чвахунцIадалъ. КIиго лъимерги тIубан, лъабабилей ясалъе ригьнаде унеб мехалъ кьезе данде гьабун букIараб кинабго къайи- цIаги гIарац-меседги рас течIого ун буго иххица. Гьелда кутакалда ракI гурхIанин, бадиб магIу ккун бицана нижее лъабабилеб августалда Хилихъ росулъе щвезе ун йикIарай «ЧIарада» райгазеталъул редактор Аминат МухIамадовалъ.
— Дидаго, битIараб бицани, гьелда аскIое инецин кIвечIо. Гъоркьгоги къороллъудаги йикIун, захIмат ба- ччун данде гьабураб магIишаталдаса циндаго ятIалъарай гьелда щиб рагIи дица бицинебин абураб пикруялъ ккун чIезаюна дун, — ан абуна Аминатица. Гьанже жиндирго херай эбелалъул дое яхъун йиго гъаримай гьей пулан.
Хасало боцIи-панз хутIила къварид
Мина рукъ биххизабичIониги, хасалоде боцIуе данде гьабун букIараб рагIи-хер иххица ун, зарал ккарал гIадамалги дагьал гьечIо Хилихъ росулъ. 45 азарго гъурщиде комбикормаги, гьединго 350 танг харилги кIиго къоялъ цебе босун, гьороб гьебги сокIкIун вукIарав цо гIолохъанчиясул магIишатги кинабго щущазабун буго тIабигIияб балагьалъ.
Хилихъ росулъ къварилъи ккарал гIадамазе кумек гьабизе бокьарал гIадамаз гIарац рехизе бегьула гьебго росулъа, ХIайдаров МухIамаднабил цIаралда бугеб гьаб номералде: 8964-019-85-10.
Ашахан ЮСУПОВ