Къудукьа Мусалав — гIелмудул ралъад, ГIалам хIайранлъана дур хIикматазда… Гьал къоязда Хьаргаби районалъул Къудукь росулъ тIобитIана, цебегоялдаса гIадатлъун билълъараб росдал садакъадул къо. Щибаб соналда августалъул лъабабилеб рузманкъоялъ тIобитIула росдаего садакъа бикьулеб тадбир. Гьанал садакъадулъ гIахьаллъизе бокьараз хъураб чIегIерхIайван 10 – ялдеги бахуна, цо-цо cоналда гьелдаса цIикIкIунги букIуна. Росдал щибаб цIараки рикIкIун гьарула...

