Бищун гвангъараб чирахъ Гьорода хех бихьула. Гьав ниж, гьудулзабазулъ Бищунго цеве хвана. Расул ХIАМЗАТОВ Абула, студентал ургъел гьечIеб, гIанчIаб, цокIалаб хасияталъул «къавм» бугилан. Амма щивав чиясул гIамалалъул, муруваталъул, букIинесеб махщел-пишаялъул — сундулго гIаламатал — «гIанчIлъиги цокIаллъиги хъвалхьун», цудунго загьирлъун ратула, аскIор ругез кIвар гьабичIониги. Багъатар нилъедаса ватIалъаралдаса 40-ялдаса цIикIкIун сон...

