Вацал МухIамадги Зиявудинги МухIамадовал руго Россиялдаго машгьурал гIадамал Гьел машгьурлъана гIицIго бечедал дагъистаниял хIисабалда гурелги – гьезул руго улкаялъул батIи-батIиял регионазда гIемерал предприятиял (логистикиял, ралъдал портал, нефтехимиялъулал, телекоммуникациязулал ва гь.ц.). Гьел лъала жамгIиял хIаракатчагIи ва меценатал хIисабалдаги. Масала, Зиявудин МухIамадов уна Россиялъул къадруял гIуцIабазул нухмалъиялда гъорлъе. Гьев ккола премьер-министр Дмитрий Медведевас гIуцIараб Россиялъул халкъазда...
