ЦIунтIа районалъул Хъебалъ росулъа МухIамадрамазан ГIабдулкаримовас ахIи бахъинабуна Пятигорскалдаги 2017 соналъул щуабилеб декабралда МухIамадрамазаница тIобитIана пикет. Республикаялъул ХIукуматалъул минаялда цеве эхетана гьев. Гьес кодоб ккун букIана росдал школалъул суратал тIад рахъараб игIлан.ГIабдулкаримовасул пикеталъулги гьесул тIалабазулги хIакъалъулъ нижеца хъван букIана гъоркьиса къватIибе бачIараб №48 газеталда. Пятигорскалде иналде цеве МухIамадрамазан щвана нижехъе редакциялдеги. Гьес бицана ХIукуматалъул...
