Хасаб операция: лъида данде ва щиб мурадалда?

Вацал МухIамадги Зиявудинги МухIамадовал руго Россиялдаго машгьурал гIадамал

 

Гьел машгьурлъана гIицIго бечедал дагъистаниял хIисабалда гурелги – гьезул руго улкаялъул батIи-батIиял регионазда гIемерал предприятиял (логистикиял, ралъдал портал, нефтехимиялъулал, телекоммуникациязулал ва гь.ц.). Гьел лъала жамгIиял хIаракатчагIи ва меценатал хIисабалдаги.

Масала, Зиявудин МухIамадов уна Россиялъул къадруял гIуцIабазул нухмалъиялда гъорлъе. Гьев ккола премьер-министр Дмитрий Медведевас гIуцIараб Россиялъул халкъазда гьоркьосел ишазул советалъул (РСМД) членлъунги, «Сколковоялъулги», КIудияб театралъулги, РФялъул МИДалъул дипломатияб академиялъулги, ТIолгороссиялъул пачалихъияб кинематографиялъул институталъулги (ВГИК), «Валдай» абураб халкъазда гьоркьосеб бахIсазулаб клубалъул цебетIеялъулгун рахъкквеялъул фондалъулги цогидалги гIуцIабазул къайимчагIазул советазул членлъунги. Зиявудин вуго «МИСиС» абураб миллияб цIех-рехазулаб техникияб университеталъул халкколезул советалъул членги, «Россиялъул олимпиялъулазе квербакъиялъул фонд» абураб коммерциялъулаб гуреб рахIмуялъулаб гIуцIиялъул партнерги, Санкт-Петербургалъул Европаялъулаб университеталъги «Жума аль-Мажид» абураб Цолъарал ГIараб Эмиратазул культураялъулги ирсалъулги централъ цадахъ рагьараб «ПЕРИ» абураб рахIмуялъулаб фондалъул учредительги. Гьес гIуцIана Caspian VC Partners абураб венчурияб (базаралда цIияблъун кколеб ва цогидал фирмабазда гьоркьоб бакI кквезе хIаракат гьабиялъе гIуцIулеб фонд) фондги. 2017 соналъул октябралда Зиявудин вищана Hyperloop One абураб компаниялъул директорзабазул советалъул сопредседательлъун. Гьеб компаниялъ жигар бахъулеб буго Америкаялъул бизнесмен ва меценат Илона Маскил пикру гIумруялде бахъинабизе: гьаркьилалдаса цIикIкIараб хехлъиялда аэродинамикияб подушкаялда букIунеб вакуумалъулаб поезд хIалтIизабиялъул хIакъалъулъ. Гьев гIахьаллъана улкаялъеги Дагъистаналъеги пайдаял гIемерал рахIмуялъулал проектазулъги. МахIачхъалаялда гьесул кумекалдалъун рагьана ва хIалтIулеб буго «ПЕРИ: инновации» абураб фонд. Гьелъ квербакъула пагьмуял дагъистаниял-гIолилазул информациязулаб рахъалъ цебетIеялъе.

Вацал МухIамадовазул лъикIал ишазул бицун хIалгIоларо. Гьедин бугониги, вацал жанир тIамуна. Гьеб хIужаялъ рижизарулел руго гIемерал суалал. Щиб ккараб? Иргадулаб кампанияйищ гьеб яги хIакъикъаталдаги ришватчилъиялде данде къеркьеялъул, олигархазда гьоркьобги «рацIцIалъи» гьабиялъул хIужайищ?

Дир пикруялда, рехсараб цонигиялде гъорлъе гьеб хIужа унаро. Батизе бегьула гьеб РФялъул цIияб хIукумат гIуцIиялъе кьучI лъейлъун. У, гIажаиблъизе бакI гьечIо. Туснахъ гьарулел гIадамазул роценалда рекъараб букIуна хасаб операциялъул магIнаги. Гьелин абуни гIадатиял олигархал гуро.

Хасаб операциялъул мурад

Абизе ккола, гьеб операция хIадурулеб букIана цебего. Бащдаб лъагIелалъ, батизе бегьула гьелдасаги цIикIкIараб заманалъ, халкколеб букIана (интернеталдасан хъвалел кагътазул, телефоналдаса гьарулел кIалъаязул ва гь.ц.) гьезда хадуб. Къуваталъул идарабазул хIалтIухъабазул хасаб операцияги – циндаго гьел рачIинги, чIухь байги, документал рахъигун жанир тIамиги – кинабго байбихьана цого заманалда: улкаялда ругелщинал гьезул офисазда цадахъго 30 марталъул сардилъ. Гьеб операциялда гIахьаллъана улкаялъул 25 регионалда кинавниги 150-ялдасаги цIикIкIун хIалтIухъан. Вацал МухIамадовазде гIунтIизабуна такъсирияб къокъа гIуцIиялъул, махсарадеги ккун, цIакъго кIудияб роценалда мал-мулк бикъиялъул, гIарац пасат гьабиялъул (растрата) гIайиб.

Вацал МухIамадовал Дагъистаналдаса рукIин кколаро гьаниб аслияблъун. Гьезул бакIалда рукIине бегьулаан вацал Ивановал, яги вацал Бронштейнал, яги вацал Петросянал… МухIамадовазде данде хасаб операция тIобитIулаго, аслияб ишан босун букIана Россиялъул хIукуматалъул вице-премьер Аркадий Дворковичасде данде. Жеги рикIкIадегIан бер речIчIизабуни – хIукуматалъул председатель Дмитрий Медведевасде данде(?!). Щайгурелъул 1990-абилел соназда вацал МухIамадовалги А. Дворковичги цадахъ цIалулел рукIана М. Ломоносовасул цIаралда бугеб МГУялъул экономикияб факультеталда, гьениб ккана гьезул щулияб гьудуллъи, ва гьеб гьудуллъиялъул тIирщал раккана 2000-абилел соназда. МухIамадовазул бизнесалъе хасаб цебетIей щвана Д. Медведев президентлъун вугеб заманалда. Гьелда гIажаиблъизеги бачIунаро. Нилъеда лъала, гьел соназда Санкт-Петербургалдаса гIадамаз гIуцIана пайдаяб бизнес ва гьеб цебетIолебги буго ахираб 17 соналъ. Амма лъазе кколеб букIун буго лъилгун яги лъиде данде гьудуллъи гьабизе кколебали.

«РачI халатаб» къиса

Аркадий Дворкович вуго Зиявудинил лъикIав гьудул гуревги, дагъистаниязул «дурцги». Гьесул лъади ккола Дербенталдаса. 2008 соналъул маялде щвезегIан гьев вукIана РФялъул хIукуматалъул батIи-батIиял хъулухъазда. 2008 соналъул маялдаса 2012 соналъул марталде щвезегIан вукIана улкаялъул президент Д. Медведевасул кумекчилъун; 2012 соналдаса – Д. Медведевасул хIукуматалда вице-премьерлъун. Гьев кIиго соналъ цIалана СШАялда, лъугIизабуна къадруял университетазул цояб ва гьев рикIкIуна Гайдарилги Грефилгун Чубайсилги къокъаялдаса къвакIарав либераллъун. Либералазе цIакъ хирияб буго БакътIерхьул рахъ, хасго – США ва Англия. Гьезул рецептал хIалтIизарула либералаз Россиялъул финансазулги экономикаялъулги «къед» баялъулъ. Ва гьелдаса щибго лъикIаб жо лъугьунаро. Гьеб бихьулеб буго ахираб 25 соналъ гьарулел реформабаздасан.

7-10 соналъ цебего дида бихьулеб букIана вацал МухIамадовазде данде ургъунго макъалаби хъвазарулеб бугеблъи. Дида ракIалде кколаан, гьелъие кьучIлъун кколин вацазул миллат, гьел дагъистаниял рукIин ва бизнесалда дандчIвалел дандиязулъ гьезухъа бизнес бахъизе гъирабай. Амма, Дворковичасдагун Медведевасда гIагарлъухъ ругел чагIаздаса баянал щвараб мехалда, дие якъинлъана, гIилла жеги гъваридаб букIин. Гьеб букIана бизнес бахъиялъул гуреб, кIудияб политикаялда бараб иш. МухIамадовазде ишан босарал гьужумаздалъун гIуцIулеб буго жеги кIудиял хIакимзаби гIужие роси.

МухIамадовалги кIудияб политикаги

2008 соналда Москваялда «Обозреватель» абураб гIелмияб журналалда бахъана «Элитный конфликт и «План Путина» абураб Россиялъул цебетIеялъул стратегиялъул хIакъалъулъ дир макъала. (Москва, №1, 2008 г., http://www.rau.su). Гьелъул аслияб пикру букIана гьадинаб. Нухмалъиялда бугеб элита бикьун буго кIийиде. Цоял – либералал – руссун руго БакътIерхьудехун (западникал). Цогидал (государственникал) кигIан мекъал-тIекъал ишазулъ халлъулел ругониги, улка тун кирениги унарел. КIиабилеб къокъаялда гъорлъе уна къуваталъул идарабазул вакилзабиги, олигархалги (масала, Игорь Сечин, «Роснефть» ОАОялъул генералияв директор), банкиралги, хасал хъулухъазул тIадегIанал офицералги (масала, генералзаби). Ахираб 15 соналъ кIиябго къокъа цоцалъ къеркьолеб буго ва цоцазде лъикIал кьабиял щвезарулел руго: цин информалатаздасан, хадуб – къуваталъул идарабазул кумекалдалъун. Гьединазул цояблъун ккола экс-министр Улюкаевасул рахъалъ рагьараб делоги (гьебги ккола Д. Медведевасда кьаби щвезаби). Халкъалда цере цолъиги хIан – нахъасан цоцалъ рагъун. Амма гьедин тIубаларо гIемераб заманалъ. Нилъ гьабсагIаталда руго БакътIерхьул улкабаз (Великобританиялъги СШАялъги) балъго гьабулеб рагъул коронир, амма рагъул «цIорораб» даражаялда. Гьедин рукIаго, улкаялда жанирго БакътIерхьул улкабазул гьудулзабигун лъикI рукIин – гьеб ккола багьа хирияб гьуинлъи; гьелдаса лъикIлъиги бахинищха.

ГIага-шагарго 2010 соналда, Кавказалъул халкъазул Россиялъул конгрессалъул сопредседательлъун вукIаго, нижер жамгIияб гIуцIиялъул рахъалдаса дица хитIаб гьабуна, цадахъал ишал гьариялъул мурадалда, «Северияб Кавказалда туризм цебетIезабиялъул корпорация» ОАОялъул директорзабазул советалъул председательлъун вукIарав АхIмад Билаловасде (МухIамадовазул вацгIал). Гьесухъа жаваб бачIинчIо. Ниж дандчIваралани, дица гьесда бицинаан «гIемераб интересаб ва пайдаяб» хабар, щиб лъалеб, кумек гьабилаан гьесул къадру цIуниялъеги. Амма, пайда щибха, политиказги бизнесменазги къанагIат гурони гIинтIамуларо гIалимзабазухъги букIинеселъул хIисаб гьабулезухъги. Гьединлъидалги батила, гьединазул хIасилги букIуна, ботIроде бараб гIазу гIадинаб.

Балагьилин, кинаб хIал бугеб Кремлялдаги ХъахIаб рокъобги. Кинаблъун букIинеб Россиялъул цIияб хIукумат? Байбихьана цIияб хIукуматалда бакI балагьиялъулги Владимир Путиниде тIадецуй гьабизе рес щвеялъулги мурадалда къеркьей. Гьеб хIалалда гIужилаб кьаби щвезабулеб буго Д. Медведевасулги А. Дворковичасулги команда-
ялъул «тIеренаб бакIалда». Гьеле гьедин бичIчIизе ккола хасаб операциялъул магIнаги. Хадусеб кьаби щвезабизе рес буго тIоцевесев вице-премьер Игорь Шуваловасда – гьесул къадру-къимат гьабула В. Путиница. Балагьилинха.

МухIамадовазул бизнесалъул къисмат кинаб букIинеб?

Гьеб суал буго гIемерисезул ботIролъ. Гьелъие жаваб кьезе ккани, ракIалдещвезабилин 2018 соналъул январалъул ахиралда РФялъул къуваталъул идарабазул лъабго нухмалъулес Вашингтоналде гьабураб «балъгояб» сапар. Абулеб букIана, гьел гьенире иналъул аслияб мурад бугин терроралде данде къеркьеялъул масъалаби дандрай. Амма хIакъикъияб ишлъун букIана нилъер цо-цо олигархазул офшориял электрониял счетазда ругел активал цIунизе хIаракат гьаби. Америкаялъулаз гьел активал нахъе рахъизехъин руго (счетазда руго нус-нус миллиардал). Яги счеталъул гIарцудаса нолал къунцIизе руго: нусгоялъул бакIалда, масала, анцIго хутIиледухъ. Нолал рацIцIине кIудияб бажари къваригIунарелъул, хIажат буго гIилла. ГIиллалъунги ккола рагъ, дандеккунгутIиял, геополитикияб форс-мажор. Гьединаб заманалда хIалтIула «Дие налъи кьезе кколезда дун тIасалъугьана!» абураб ахIи. Кида гьедин букIинеб? Аллагьасда лъала, дир пикруялда – гIагараб кIиго-щуго соналъ букIинеги бегьула.

БакътIерхьул улкабазул СМИяз хъвалеб буго, Карибалъул ралъад сверун ругел улкабазул офшоразда бугеб гIарцул 50 процент кколин россия-
лъулазулин. Гьеб ккола СШАялъул долларазул триллионалдасаги цIикIкIун. Гьеб гIарац цIакъ хIажат буго жакъа Россиялъе. Гьединлъидал Путинил квербакъиялдалъун Россиялъул олигархазеги хIакимзабазеги амнистия лъазабуна 2019 соналде щвезегIан. «ВатIаналде гIарац буссинабуни, лъикI букIина. БуссинабичIони – нужго руго гIайибиялин» абухъего. Гьелъ батизеги бегьула, Кремлялда ракIалде ккараб регионалиял элитабаздаги кьаби щвезабизе: гьел гьусизе ватIаналде гIарац тIадбуссинабиялде (ингилисазгун америкаялъулаз гьезда хъат бан бахъун батичIониха).

Кремлялъ «рацIцIалъи» гьабиялъул операциял байбихьиялъеги кIиябго къагIида хIалтIизабиялъеги гIужие росана дагъистаниял. Путиница абулеб буго тIолабго улкаялда букIине бугин гьединаб тадбир. Балагьилинха.

МухIамадовазул бизнесалдасаги улкаялъул казнаялъе хайир щолеб хIал гьабила, дир пикруялда. Гьеб гьезухъа бахъиларо, офшораздаса гIарац рехизабила ватIаналъул банказде. Вацал МухIамадовазул акциял учузлъила, бизнес хутIизеги бегьула. Гьез абулеб буго цIех-рехалъул идарабазулгун гара-чIвари гьабизе рази ругилан. Гьеб лъикIаб рахъ буго. Хьулги буго, Дагъистаналъе пайдаяллъун рукIарал вацал МухIамадовазеги республикаялда гьез гIумруялде рахъинарулел рукIарал проектазеги кIудияб заралги ккечIого, гьеб хIал битIа-бишун ккелин.

Денга Халидов