Сессия

1 маялдаса харжал цIикIкIина

 

29 марталда МахIачхъалаялда тIобитIана Дагъистаналъул
Халкъияб Собраниялъул иргадулаб данделъи

Гьаб нухалда сессия байбихьана Кемерово шагьаралда ккараб талихIкъосараб балагьалъул хIасилалда хваразул хIурмат гьабун, минуталъулаб сихIкъотIиялдасан.
ГIадатлъун билълъахъе, республикаялъул парламенталъул фракциязул вакилзабаз сессиялъул байбихьуда рорхана цо-цо суалалги. Гьезда гьоркьоб кIвар бугеблъун букIана «Цолъараб Россиялъул» рахъалдаса кIалъазе вахъарав ХIа­мидуллагь МухIамадовасул учи­тельзабазе харжал цIикIкIи­наризе ккеялъул хIакъалъулъ кIалъай. Учительзабазе харжал цIикIкIинаруни, гьеб хIа­къикъаталдаги букIинаан нилъер букIинесеб берцин гьабиялде лъураб кIудияб галилъун.
Депутатаз халгьабуна Хасавюрт шагьаралда, Бабаюрт ва Дахадаев районазда судиял теялъул суалалъухъги.
Сессиялда аслиязул цояблъун букIана Дагъистаналъул Жанисел ишазул министерствоялъ 2017 соналда гьабураб хIалтIул хIисабкьеялъул суалги. КIалъазе вахъарав министр ГIабдурашид МухIамадовас бихьизабуна Жанисел ишазул министерствоялъул ва цогидалги низам цIунулел идарабазул хIалтIухъаби чIвазе къасд гьаби, гIадамал чIвай, гьел рикъи гIемерго дагьлъанин.
«Амма гьелдаго цадахъ респуб­ликаялда рахIатхвезабулеб иш­лъун буго наркотикал хIал­тIизариялда хурхараб такъсирчилъи. 2017 соналда ккарал киналго такъсиразда гьоркьоб гьединазул къадар 15 проценталде бахуна», — ян бицана министрас.
Гьединго бихьизабуна респуб­ликаялда хъачагълъиялъул нух­де аразул къадар дагьлъанин, амма къватIисел пачалихъазул хъачагъазул гIуцIабазда гIахьаллъи гьабулеб бугин 1400 дагъистанияс.
Участковиязул хIалтIиги лъикI гьечIо, хасго наркотикал гьукъиялда сверухъ.
ЛъагIалида жаниб 1050 такъсирчилъиялъул дело битIун буго судалде.
Жанисел ишазул министерствоялде кколел гIуцIабазда хIалтIулезда гьоркьоса 111 чиясда тIад гьабун буго уголовнияб дело, 135 чи хIалтIудаса эркенги гьавун вуго.
Депутатаз кьурал суалазе жа­вабал кьолаго, министрас рех­сана цо-цо хIужабиги: 30 му­ниципалиял гIуцIабазул бутI­рул тамихIалде цIана, хIуку­маталъул председателасул кIиго заместителасда тIад гьабуна уголовнияб делоги.
Щайха В. Васильев рес­пуб­ликаялде нухмалъулевлъун вачIинегIан букIине кколеб гIадлу-низам гьабулеб бу­кIинчIебилан залалдаса депу­татас кьураб суалалъе министрас гьадин жаваб гьабуна: «Гьеб хIалтIи цо къоялъ гьабулеб жо гуро, лъиениги гIадлу гьабеян яги щивниги жанив тIамеян цониги нухалъ дихъе республикаялъул бетIерасул ишал тIуразарулевги кIалъачIо», — ян.
Сессиялде босун букIана республикаялъул ХIисабалъул палатаялъ араб соналда гьабураб хIалтIул хIасилазул хIакъалъулъ суалги. Гьелъул председатель Билал ЖахIбаровас бицана гъоркьиса жидеца республикаялъул гIуцIабазда 69 халгьабиялъул тадбирал тIоритIанилан. Гьелъул хIасилалда пачалихъалъул бюджеталде 882,5 млн гъуруш нахъбуссинабунила ва 209 пачалихъиялги муниципалиялги идарабазул хIалтIухъаби тамихIалде цIанилан. Гьединго, 29-яв хIалтIудаса эркенги гьавунилан.
АнцIила щуго уголовнияб дело хIадур гьабун битIун буго прокуратураялде.
Республикаялда ракьаздаса пайда босиялъул суалалда жанирги гIемерал гIунгутIаби ругилан бицана ХIисабалъул палатаялъул председателас.
Гьес тIадчIей гьабуна МахIачхъалаялъул администрациялда ругел гIунгутIабаздаги. 2013 соналдаса нахъе администрациялъул хIалтIухъабазул къадар цIикIкIун буго 207 чиясдалъун.
Гьебго суалалда тIасан кIалъарав Халкъияб Собраниялъул бюджеталъул гIарцул ва налогазул комитеталъул председатель Сейфулагь ИсхIакъовас бихьизабуна республикаялъул хIукуматалъул аппараталда гIарцуда хадуб хъаравуллъи кколеб хасаб идара гIуцIун бугониги, гIарац битIун хIалтIизабиялъулъ гIунгутIаби церего гIадал ругилан.
Депутатазе кIвар бугеблъун букIана «Республикаялъул бюджеталда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» законги. Финансазул министр Юнус СагIадуевас бицана республикаялъул бюджеталъул тIаде бачIунеб гIарцул къадар бугила 103 млрд гъуруш, тIаса унеб — 103 миллиардгун 394 млн гъуруш. Гьес тIадчIей гьабуна бюджеталда гьаризе кколел хиса-басияздаги. НахъбуссинабичIого республикаялъе федералияб бюджеталдаса кьолеб гIарцул къадар 2 292 212,80 гъуруш бугиланги абуна гьес.
Республикаялъул бюджеталда хIисабалде босун буго моцIрол харжалъул бищунго гIодобегIанаб къадар исана 1 маялдаса байбихьун 11163 гъуршиде бахинабизе ва гьединго тIоцебесеб лъимер гьабурабго щибаб моцIалъ лъималазе кьолеб пособиялъул къадарги цIикIкIинабизе.
Зикрула Илясов