Россиялъул БахIарчи ракIалдещвеялъе Каспийскалда ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялъуб тIобитIана Россиялъул БахIарчи ГIадилгерей МухIамадтIагьиров ракIалдещвеялъе рагъулаб самбоялъул рахъалъ ТIолгороссиялъулаб турнир. Гьелда гIахьаллъи гьабуна ичIго категориялъул цIайиялъул 150 самбистас. Турнир рагьулаго, Республикаялъул нухмалъулесул цIаралдасан, гьелъул гIахьалчагIазе ва гьалбадерие саламги кьун, кIалъай гьабуна хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас.«Гьал къецал тIоритIулел...

