МацI – нилъер бечелъи

Цояб хIалакълъун, цогидаб кьаралъун

 

Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъулаб гIуцIиялъ ва республикаялъул Журналистазул союзалъ тIобитIараб данделъиялда бицана рахьдал мацIазул бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. Гьеб суалалда тIасан кIалъана ДРялъул Журналистазул союзалъул председатель ГIали Камалов ва Россиялъул халкъазул ассамблеялъул Дагъистаналъул отделениялъул председатель Зикрула Илясов.

«Дагъистаналъул Конституциялъул 30-абилеб статьяялда рекъон, щивав чиясул ихтияр буго рахьдал мацIаздаса пайда босизе, гIелму лъазабиялъулъ ва тарбия кьеялъулъ гьеб тIасабищизе. Дагъистаналда руго батIи-батIиял мацIал. Нилъеца, аслияб куцалда, пайда босула рахьдал ва гIурус мацIаздаса. Цо гьакида бараб кIиго чу гIадин, гьелъ нилъер гIумру цебехун бачунинги гIемер бицунаан цебе. Амма ахирал соназда цояб чу цIакъго хIалакълъулеб буго ва Дагъистаналъул мацIазул эркенаб цебетIей нилъее бокьухъе кколеб гьечIо.
МацI лъазабиялъулъ ва цебетIеза­биялъулъ гIахьаллъи гьабула хъизамаз, пачалихъиял идарабаз (школа) ва жамгIиял гIуцIабаз. Амма, хъиза­малдаса байбихьун, мацIазде гьабу­леб бербалагьи буго гIей гьечIеб. Гье­лъул хIасилалда гIолеб гIелалда ра­хь­дал мацIги лъалеб гьечIо. Гьеб ра­хъалъ расги лъикIаб гуреб хIал бу­го шагьаразул школазда. Гьенир цIалулезул гIемерисезда лъалеб гье­чIо жидерго умумузул мацI. Гьединго тIадеялдаса тIаде дагьлъулел ру­го рахьдал мацIазда къватIире ри­ччалел газеталги, журналалги, тIа­хьалги цIалулел» — ян абуна З. Илясовас.
«Миллиял мацIазда къватIире риччалел газетал цIалулел чагIилъун хутIун руго цIикIкIараб ригьалде рахарал гIадамал. Гьелъул хIакъалъулъ дица киса-кибегоги бицуна. Гьелъул бицине дун ахIун вуго Пачалихъияб Думаялдеги. Гьенибго борхизе буго пачалихъиял гурел регионалиял СМИязе кумек гьабизе ккеялъул суалги», — ян абуна ГI. Камаловас.
Гьединго гьес бицана 24 ноябралда Россиялъул Журналистазул съезд тIобитIизе бугинги ва Дагъистаналдаса 30 журналист ахIунги вугин гьелда гIахьаллъизе. «Цоги масъалалъун хутIун буго чIварал журналистазе балеб памятникалъул суалги. Гьеб бан лъугIизе ккола тIасияб соналъул 15 декабралде. Амма гьабсагIаталда гьеб баялъе харж гьабизе гIарац гьечIо», — янги абуна ГI. Камаловас.
Гьелдаго цадахъ, тIадеялъул 13 январалда Дагъистаналда тIобитIизе буго прессаялъул балги. Гьенир бищун лъикIал журналистазе, кидаго гIадин, кьезе руго шапакъаталги.
Аслияб куцалда рахьдал мацIазул масъалабазул хIакъалъулъ бицине данделъун рукIаралъул, масала, тумазул «Илчи» газеталъул бетIерав редактор Руслан Башаевас абуна, лъугьун бугеб хIал хисизабизе ккани, чара гьечIого школазда рахьдал мацIал малъиялде кIвар кьезе кколин ва цIалдохъабазда тIадаблъунги гьабизе кколин жиде-жидер мацIал­да экзамен кьезеги. «Гьелдаго цадахъ телевидениялдаги букIине ккола хIалтIулеб миллиял мацIазда кIалъалеб хасаб канал», — анги абуна Р. Башаевас.
Дагъистаналъул лъайкьей камил гьабиялъул институталъул ректорасул ишал тIуралев ХIамзат Жамалудиновас абуна жакъа тахшагьаралда гIумру гьабун ругел лъималазул 80 проценталда рахьдал мацI лъаларин. Гьеб лъангутIиялъе ругел гIемерал гIиллабаздаса цо кIвар бугеб гIиллалъунги гьес рехсана миллиял мацIазда хъварал тIахьал гьечIолъи.
«Дагъистан» РИАялъул директор МухIамад МухIамадовасул рагIабазда рекъон, гьеб масъалаялъул бицун, журналистал кигIан гIемер цере рахъаниги абизегIанасеб кколеб хIасил рагIуларо. «ЛъагIалида жаниб цо чанго нухалда данделъула нилъ гьелъул хIакъалъулъ бицине. Бицуна ва гьелдалъун хабарги лъугIула. СМИялда абула ункъабилеб властилан. Щибха гьабулеб бугеб СМИялъ гьеб рахъалъ хIалтIи роцIинабиялъул мурадалда? ГIицго бицунел хутIун руго», — ян абуна М. МухIамадовас.
ДГУялъул журналистикияб отделениялъул кафедраялъул заведующий ХIамид МухIамадовас бицухъе, миллиял мацIал цIуниялъул мурадалда, къабул гьабизе кколеб рагIула пачалихъияб даражаялда хасаб программа. «Жакъа хIажат руго тIахьал, фильмал, радиостанциял. Гьеб кинабго гьечIо ва гьеб рахъалъ дагьабгIаги хIалтIи гьабулеб буго ННТ телеканалалъги «Ас-салам» газеталъги», — ян абуна ХI. МухIамадовас.
Ахиралдаги, киназулго пикруялда рекъон, хIукму ккана ДРялъул нухмалъиялде, гьеб масъалаялъул хIа­къалъулъ бицун, хитIаб гьабизе. Гьелда бихьизабизе лъималазе школалда цебесеб лъай кьолел идарабазда рахьдал мацI малъиялде кIвар кьезе, миллиял мацIазда тIахьал рахъизе республикаялъул бюджеталдаса 15 миллион гъуруш биччазе кколин ва гьелдаго цадахъ рахьдал мацIазул учительзабазе харжал цIикIкIинариялъе ресал ратейинги лъазабизе.