Аслияб приз – «Лада Гранта»

Россиялъул БахIарчи ракIалдещвеялъе

 

Каспийскалда ГIали ГIалиевасул цIаралда бугеб спорталъул ва гIолилазул кIалгIаялъуб тIобитIана Россиялъул БахIарчи ГIадилгерей МухIамадтIагьиров ракIалдещвеялъе рагъулаб самбоялъул рахъалъ ТIолгороссиялъулаб турнир. Гьелда гIа­хьаллъи гьабуна ичIго категориялъул цIайиялъул 150 самбис­тас.

Турнир рагьулаго, Рес­пуб­ликаялъул нухмалъуле­сул цIа­рал­дасан, гьелъул гIахьал­ча­гIа­зе ва гьалбадерие саламги кьун, кIалъай гьабуна хIукуматалъул председателасул тIоцевесев заместителасул ишал тIуралев Анатолий Карибовас.
«Гьал къецал тIоритIулел руго ракIбацIцIадго ВатIаналъе хъулухъ гьабурав ва нилъе­р жам­гIияталда рекъелги ри­тIухъ­лъиги букIиналъе гIоло хъу­лухъ гьабулаго гIумруги кьу­рав Россиялъул БахIарчи ГIа­дилгерей МухIамадтIагьиров ра­кIалдещвеялъе. Машгьурав ни­лъер ракьцоясул хIурматалда ра­гъулаб самбоялъул рахъалъ гьал къе­цал тIоритIи ккола гьесдехун хIурмат букIараблъиялъе, улкаялда ва республикаялда цере гьарурал лъикIал ишал рикIкIунел рукIиналъе нугIлъилъун», — ан абуна Карибовас.
Турниралъул гIахьалчагIазе тIадегIанал хIасилал щвей мурад букIинги загьир гьабун, Карибовас абуна гьеб лъугьине бугин Дагъистаналда ва Россиялда рагъулаб самбо хадубккунги цебетIеялъе ва машгьурлъиялъе мисаллъунилан. Хадув кIалъарав МВДялъул УРЛСалъул начальник Сахават Сахаватовас бицана регионалъе захIматаб заманалда республикаялъул жанисел ишазул министрасул хъулухъалда вукIаго ГIадилгерей МухIамадтIагьировас гьарурал лъикIал ишазул.
«ГIадилгерей МухIамад­тIагьи­ровас Россиялъул МВДялъул ДРялда бугеб Жанисел ишазул министерствоялъе нухмалъи гьабуна 10-ялдаса цIикIкIун соналъ. Регионалъе бищунго захIматаб ва хIалуцараб гьеб заманалда МухIамадтIагьировас кIудияб хIалтIи гьабуна республикаялда законалъул тIалабал тIуразари ва гIадлу-низам букIиналъе гIо­ло. Жанисел ишазул органазда хIалтIулаго такъсирчилъи­ялде ва терроризмалде данде къеркьеялъул рахъалъ гьес гьабураб чIванкъотIараб, камилаб хIал­тIухъ ГIадилгерейие кьун рукIана гIемерал пачалихъиял шапакъатал», — ан бицана Сахаватовас.
Турнир рагьулеб тадбиралда Дагъистаналъул цо-цо самбистазе кьуна халкъазда гьоркьосеб классалъул спорталъул мастерасул удостоверениял.
Хадур рукIана хIалуцарал къецал. ТIоцебесеб къоялъ гьезул ккана гьадинал хIасилал:
52 кг: 1. Исраил ХIажиагъаев (МахIачхъала); 2. Арби Байсултанов (Хасавюрт); 3. АхIмад Нуцалханов (МахIачхъала) ва Адам Хамхоев (Ингушетия).
62 кг: 1. Велимурад Алхасов; 2. МухIамахIабиб Нажмулинов; 3. МухIамад Узарханов ва Му­хIамадхIажи Сиражудинов (киналго МахIачхъала).
74 кг: 1. Мурат Тляруков (Ставрополь); 2. Шамил ХIажиев; 3. Абубакар Агъаев ва Артур Зайнуков (киналго – МахIачхъала).
90 кг: 1. Саид Саидов; 2. ГIазиз Жуманиязов; 3. Сайпудин МухIамадов ва Загьид ХIайдаров (киналго – МахIачхъала).
100 килограммалдаса цIи­кIкIараб цIайи: 1. Паша Хархачаев; 2. Салимгерей Расулов; 3. МухIамадбег Агъаев ва ХIажи ГIабдулкъадиров (киналго — МахIачхъала).
Турнир тIобитIараб кIи­аби­­леб къоялъ чемпионаллъун рахъана Рашид Вагьабов (57 кг, МахIачхъала), Са­мад ГIаб­дулманопов (68 кг, Кас­пийск), Ша­милагъа Амиров (82 кг, Кас­пийск), ХIадис Ибрагьи­мов (100 кг, МахIачхъала).
Ра­­гъулаб самбоялъул рахъа­лъ тIолгороссиялъулаб турни­ра­лъул аслияб приз — «Лада Гранта» автомашина кьуна Ма­хIач­хъа­лаялдаса Рашид Вагьабовасе.

 

Рокъоб къадазги кумек гьабичIо
«Локомотивалдаса» «Анжи» къуна 0:1 хIисабгун

 

Премьер-лигаялда футболалъул рахъалъ Россиялъул чемпионаталъул 17-абилеб туралда Каспийскалда «Анжи-Аренаялда» 19 ноябралда «Анжи» хIана турниралъулаб таблицаялъул тIоцебесеб бакIалда бугеб Москваялъул «Локомотив» командагун.
Гьеб хIаялда цебе 33 очко букIараб «Локомотив» ахирисеб анлъго матчалда къуна гIицIго цо хIаялда. Гьеб къуватаб командагун хIалаго кигIан хIаракат бахъаниги, «Анжи» къуна 0:1 хIисабгун. 42-абилеб минуталда гьелъул кавабахъе торгIо кьабуна «Локомотивалъул» полузащитник Алексей Миранчукица. Гьеб туралдаса хадуб «Локомотив» 36 очкогун турниралъулаб таблицаялъул тIоцебесеб бакIалда буго. «Анжи» 16 очкогун 15-абилеб бакIалда буго.

Эркенаб гугари

Чемпионазе —
щуаза-азар доллар
Владикавказалда тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ «Аланы» халкъазда гьоркьосеб турнир

18-19 ноябралда Владикавказалъул «Манеж» спорткомплексалъуб тIобитIана эркенаб гугариялъул рахъалъ «Аланы» халкъазда гьоркьосеб турнир. Гьелда гIахьаллъана дунялалъул, Европаялъул, Олимпиялъул хIаязул ва халкъазда гьоркьосел турниразул чемпионалги призералги.
Гьеб кIиябго къоялъ эркенаб гугари бокьулез занкIун цIун рукIана «Манеж» спорткомплексалъул трибунаби. Турнир рагьулеб мехалъ ва финалиял дандчIваязухъ балагьизе рачIун рукIана Северияб Осетиялъул бетIер Анатолий Бибилов, мадугьалихъ ругел республикабазул вакилзаби, Пачалихъияб Думаялъул депутатал ва цере рукIарал машгьурал гугарухъаби. Турниралда тIоцевесев чемпионлъун вахъана, Россиялъул тIасабищараб командаялъул тIоцебесеб номералда гъоркь вугев Завур Угуевасдаса 57 кг цIайиялда финалалда 7:4 хIисабгун бергьарав Соверияб Осетиялдаса Азамат Тускаев. Лъабабилел бакIал щвана Дагъистаналдаса гугарухъаби Артем Гебековасе ва Азербайжаналдаса Георги Эдиншерашвилие.
61 кг. Дагьаб цебе Хасавюрталда рукIарал халкъазда гьоркьосеб кубокалъе гIоло къецазда ва Москваялда Шевалье Нусуевасул мемориалалда бергьарав Зелимхан Абакаровасулгун букIараб хIалуцараб финалияб къеркьеялда чемпионлъун вахъана Хасавюрталдаса ИсмагIил Мусукаев. Лъабабилел бакIал щвана Хасавюрталдаса Рустам ГIабдурашидовасе ва гуржияв Владимир Ханчегашвилие.
65 кг цIайиялда финалалда гугарана дагъистаниял АхIмад Чакаев ва Муршид Муталимов. 6:0 хIисабгун ракIчIараб бергьенлъи босана Чакаевас.
70 кг цIайиялда, 2016 соналъул дунялалъул чемпион, Хасавюрталдаса МухIамад КъурбангIалиевасде вахарав гугарухъан турниралда вукIинчIо. Бащдабфиналалда гьев гугаризе кколаан Олимпиялъул чемпион, Осетиялдаса Сослан Рамоновгун, амма гьев дандчIваялде вахъинчIо. Финалалда МухIамад бергьана асатIинав Заурбег Сидакъовасдаса.
74 кг цIайиялда финалалда дандчIвана Аланиялдаса гугарухъаби. Алан Засеев 10:2 хIисабгун бергьана Хетаг Цаболовасдаса.
86 кг цIайиялдаги финалалда дандчIвана Аланиялдаса гугарухъаби Артур Найфоновги Владислав Валиевги. Бергьана Найфонов.
97 кг цIайиялда чемпионлъун вахъана Аланиялдаса Владислав Байцаев. Финалалда 2:1 хIисабгун гьев бергьана Азербайжаналдаса гугарухъан Шарип Шариповасдаса.
120 кг цIайиялда финалалда Билял Махов 5:1 хIисабгун бергьана Алан Хугаевасдаса.
«Аланы» халкъазда гьоркьосеб турниралда медалал щваразе кьезе чIезабун букIана кIудияб призалъулаб фондги. Турниралъул чемпионазул щивасе кьуна щуазарго доллар, кIиабилеб бакIалъухъ кIиазарго ва лъабабилелъухъ – азарго доллар. Аза-азар доллар щвана чемпионазул хасал тренеразеги.

Гьумер хIадур гьабуна
ГIабдула Хазамовас.