Къуват кутакаб телефон…

Ахираб заманалда цIикIкIунел руго хъизам биххиялъул хIужаби

 

Дагьалъ цеве редакциялде вачIун вукIана МухIамад МухIамадов. Гьев гьавуна ва гIуна ЦIоралда. Жиндир гIумруялъул хIакъалъулъ гьадин бицана гьес: «Дир эбел-эмен ратIалъана дун гьитIинго вукIаго. Дун гIезавуна кIудияй эбелалъ. Гьелъ кидаго абулаан, дуда нахъаса вахъине чи гьечIин, квешаб пишаялде машгъуллъугейин. Школалда цIалулагоги школа лъугIун хадубги дица хIаракат бахъулаан квешлъиялдаса дунго цIунизе.
Рагъулаб хъулухъги тIубазабун тIадвуссун хадуб нижер росулъе вачIана гьунарал рихьизарулев чи. Гьес паналъизавуна дун. Дицагоги хIалбихьана гьунарал гьаризе. Ахирги гьесул ишалде дунгоги ругьунлъана ва, росабалъа росабалъе хьвадун, диего гIарац балагьизе жувана. Фокусал гьари, кварида гьунарал рихьизари ва цогидал ишал гIадамазеги рокьана. Рокъобе гIарац бачIунеб букIиндал, кIодоэбелги мукIурлъана дир махщалие», — ян бицана МухIамадица.
Гьев гочана Дагъистаналде – умумузул ватIаналде. ГIумру гьабизе тIасабищана Гъизляр район. Бана минаги гьабуна хъизанги. БатIияб миллаталъул йигониги, цIакъ хиралъун йикIана гьей МухIамадие. Буго гьесул ункъо лъимерги. Цоккураб бакIалда хIалтIулев гьечIониги, хъизамалъе щибго камизе толеб букIинчIо гьес. Кварида гьунарал рихьизарунги, фокусал гьарунги, гIадамазул ракIбохизабун, МухIамадица рокъобе бачIунаан ва хъизаналъухъе кьолаан гIарацги. Гьунаразе санагIалъи гьечIеб заманалда къадал ран, цогидаб хIалтIи балагьун, чед-хинкIие жо балагьулаан. ЦIакъ йокьулаан гьесие лъадиги. РакIбохулаан цоцада хадур гIун рачIунел лъималаздасаги. Жиндаго бихьичIеб эбелалъул хIеренлъиги инсул тIалабги лъималазе камизе теларин вукIунаан гьев. Амма МухIамадил хьолбохъго эхетун букIун буго къварилъиялъул къвал базе къачIараб балагь.
Гьединаб балагьлъун лъугьана телефон. Гьес лъадуе босун букIана гьеб. Свакан рокъове тIадвуссараб мехалда гьесда батулеб букIинчIо хинаб квенги, дагь-дагьккун сун унеб букIана цебеккун рокъоб ханлъи бараб хинлъиялъул нурги. Гьелъие гIилла батуларого пикрабалъ хутIулаан МухIамадги. «Цо нухалда лъицаялиго ахIун бачIана телефоналде. Лъадуца гьеб, жавабги кьечIого, свинабуна. Цо заманалдасан гьей къватIие ана. Таманаб мехалъ тIагIана. Щиб ккарабали лъазелъун хадув дунги вилълъана. Дида гьелъул гьаракь рагIана хIамамалдаса. Гьей телефоналдаса кIалъалей йикIана. Гьаракьги букIана цIакъ хIеренаб, ниж данделъараб заманалда дие бицунеб гIадаб гьуинаб. Щибниги гьелдаги абичIого, дун рокъове ана. Амма ракIалъе хIалхьи букIинчIо», — ян бицана МухIамадица.
Цо нухалда рокъове щварав МухIамадида лъимал ратана жалго. Баба кие арайин гьикъидал, кIудияв васас абуна, гьелъухъе цо чи кIалъанин телефоналдаса ва гьей, хадуб машинаги бачIун, рокъоса щуругеян жидедаги лъазабун, машинаялда рекIун анилан. КIалъана лъадухъе. Гьелъ жаваб кьечIо. Ракъарал лъималги кваназарун, гьелги кьижизе рахинарун, щибдай ккарабан пикрабазулъе тIерхьарав гьав ворчIизавуна телефоналъул цIумуралъ. «Дун таксиялда ячIуней йиго, таксиялъухъ кьезе гIарацгун, бащдаб сагIаталдасан къватIиве вакке», — ян абуна лъадуца. Гьелъ малъухъе гьабуна МухIамадицаги.
Рокъое щвараб мехалда лъадуца бицана, жий гьудулзабахъ Рыбалко поселокалда йикIанин, гьалмагъалъул гьаюраб къо кIодо гьабулеб букIанин. Дагьа-макъабго мехтарай гIадинги йигоан гьей. Свакан йигин абун, росасул харбихъ гIинтIамичIого, кьижизе ана гьей.
Иргадулаб нухалда гIарац кьеян гьарана гьелъ росасда. Лъималазе ретIел-хьит босизе МахIачхъалаялде ине йигинги абуна. Кьуна МухIамадица гьелъухъе 10 азарго гъуруш. ЧанцIул кIалъаниги, телефоналъ жавабги кьечIого, лъабго къоялъги тIагIун, рокъое юссана гьей. Щибниги босараб жоги бачIинчIо. ТIадежоялъе гьанжесалаги таксиялда ячIана, 2000 гъуруш таксиялъухъги кьезе ккана МухIамадица. Гьесул суалазе жаваб кьеялъул бакIалда, питна гьабуна лъадуца. Дирги ихтияр бугила мех-мехалда лъимал-хъизамалдаса эркенлъизе.
«ЧанцIулго абуна дица лъадул вацаздаги нужер яцалъул хьвада-чIвади бихьуларищан, гьелда рагIи щай абуларебан. Амма гьелъулги хIасил ккечIо. Ахирги гьей ана, ругелъур лъималги тун, Москваялде. Гьениса ячIун хадуб рокъоего юссинчIо. Дихъе ячIана якьад – лъимал нахъе рачинеянги абун. Дица гьел риччачIо. Дирги гьелъулги кьал ккана. Саяхълъуде арай дур ясалъе лъимал хIажат гьечIин, дицаго хьихьилин абуна дица. Якьад йикIана ракI унтарай гIадан. ДагIба-рагIиялъул кьучIалда рекIел унтиги бачIун, дир рукъалъул кIалтIа шапун ана гьей. Хехаб кумекалъул машина тIаде щвелалде, гьей Аллагьасул къадаралде щвана. Гьанже дир лъадуца полициялде, гIарза хъвана, дица юхун, жиндир эбел чIванилан абун. Амма экспертизаялъул кьучIалда полициялъ чIезабуна, дица гьелда килищ хъвачIеблъи. Гьеб тасдикъ гьабуна дир васасги», — ян бицана МухIамадица.
ХIасил-калам, биххана МухIама­дил хъизам. Бесдаллъана, эбел-эмен чIаго рукIаго, ункъо лъимер. Гьанже судалъул кумекалдалъун, гьесул йикIарай лъадуца лъимал жиндихъего тIалаб гьарулел руго. Кьелаан гьел – эбелалъул бадиса гурищ гвангъулеб дунял лъимералъе. Амма … кинай эбелха гьей йигей?
Гьаб лъугьа-бахъиналъул хъвалаго, дица хисизабуна дие хабар бицарав чиясул цIар. Жиндир йикIарай лъади суризайизе кколин, гьединаб пишаялде цогидазулги гъирабангутIизеян абулеб букIана гьес. Амма дир намусалъ къабул гьабичIо, кигIан рекъечIеб иш гьабун батаниги, талихIкъосарай, мекъаб нухде гали бегьарай чIужугIаданалъул цIар бицине. КIудиял гIураб мехалда цониги чияс лъималазе бадибчIвай гьабизе гурин абураб пикруялъ тIамуна хIакъикъияб баян балъго гьабизе. Гьаб дунял бихьизе квербакъарай цIуяб жоялда жиндирго чохьол лъималазе рекIел хинлъи кьезе бажаричIинги абун, бегьилищха дицаги гьезул букIинеселда чIегIераб тIанкI лъезе тезе. Мунагь гьечIел лъималазда гурхIана. Хасго рекIелъ хIунсана, гIумрудул къиса бицунаго, МухIамадил бадиса тIинкIулел рукIарал магIил гарал рихьидал. Унгоха, гьаб заман! Бихьинчиги гIодизавулеб…
МадихIат ХIажиева