Подписка — 2018

Бухьен тIезе тоге, цIале «ХIакъикъат»!

 

Цоцазда ричIчIана. ХIасил ккеялде хьул буго

Газеталъул бетIерав редактор ГIа­ли Камалов Шамилхъалаялда дандчIвана «Россиялъул почта» ФГУПа­лъул мугIрузул районазда гьор­кьосеб филиалалъул коллективгун ва гьединго гьелъул отделениязул цо-цо нухмалъулелгун.
Шамилхъалаялда бугеб почтамталъ хъулухъ гьабула 13 районалъе, гьелда гъорлъе уна 76 отделение. ЦIияб сон тIаде щолеб букIинги хIисабалде босун, данделъиялда, аслияб къагIидаялда, бицана газета хъваялъул хIакъалъулъ. Гьебин абуни, беццизесеб хIалалда гьечIо. Соналдаса соналде дагьлъулел руго газетал хъвалел гIадамал. Мисалалъе, чанго соналъ цебе «ХIакъикъаталъул» тираж 20 азаргоялде бахунеб букIун батани, жакъа гьеб ккун буго микьазаргоялде. Бихьулеб буго Интернеталъги социалиял гьиназги дагь-дагьккун газета нахъехун тункулеб букIин. Гьедин бугеб заманалда чара гьечIого хIажат буго миллияб газета цIунизелъун тадбирал гьаризе.
Данделъиялда ГIали Камаловас абуна: «Дун магIарул газеталда хIалтIана 50 соналъ. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго 27-ялде гIагарун соналъ. Гьеб заманалда жанир рукIана гIемер бергьенлъабиги, дандчIвана захIмалъабиги. Амма жакъа гIадин миллиял газетал къорикье ккараб заман ракIалда гьечIо. Гьелъие руго батIи-батIиял гIиллаби. Бищунго аслияллъун ккола росаби чIороголъулел рукIин ва шагьаразда гIурал гIолилазулъ ма­цIалдехунги миллаталдехунги ро­кьи гьечIолъи. Гьелдаго цадахъ руго цо-цо нилъерго гIунгутIабиги. Мисалалъе, гIезегIан чагIи рачIуна кIалъан, жин­дир заманалда газетал щоларилан. БичIчIулеб жо буго, мукъсаналго харжазухъ букIине кколедухъ хIалтIизе гъира букIунареблъи ва цо чанго газета хъвазелъун нужее къватIире рахъине бокьулареблъиги. Гьедин бугеб мехалда цIалдолелги квер хьвагIун чIолел руго. Гьале дихъ кодоб буго чан газета кибе уне­бали хъвараб кагъат. РакIчIун абизе кIола, нужеца хIаракат бахъани, гьанир ругел тарихал кIиго нухалъниги цIикIкIинин. Бокьилаан лъазе щай нужеца гьеб хIалтIи тIаса-масаго тун бугебали?» — ян.

Гьелъие жаваб гьабун кIалъа­зе рахъана районазул росабалъ ругел отделениязул цо-цо нухмалъулел. Масала, ЦIумада районалъул Эчеда росулъ бугеб почалъул отделениялъул нухмалъулев ГьитIинавас ГьитIинавасовасул рагIабазда рекъон, нухал гьечIел бакIаздецин жиндир заманалда газетал щвезарулел руго гьесул хIалтIухъабаз. «Ратила нижерги гIунгутIаби. Амма кинабго рахъалъ ниж гIайибияллъун гьари битIун гьечIо. Цебе районалъул бетIерас щибаб гIуцIиялъул, учреждениялъул нухмалъулезда тIадкъалаан пуланаб къадар газетазул хъваян. Доб заманалда нижееги бигьаго букIана хIалтIи гьабизе. Гьанжейин абуни гьедин гьечIо. Районалъул бутIруз абулеб буго газетал хъвайилан абун гIадамазде тIадецуй гьабизе жидер ихтияр гьечIин. ТIадецуй гьабизе кколаро. ГIадамазда бичIчIизабизе ккола жакъа ни­лъее миллиял газетал чара гье­чIого хIажат рукIин. Щайгурелъул, тIагIун, билун унеб бугелъулха мацIги, яхI-намусги, маданиятги цогидабги. Якъинаб жо, районазул бутIруз кумек гьабуни, газетал хъваялъул иш цебехун ине буго. ХIажат буго, нужеца, гьезда аскIореги ун, кумек гьабеян абизе бугеб ахIвал-хIал бичIчIизабизе», — ян абуна гьес.

Шамил районалъул ХIебда росулъ бугеб отделениялъул нухмалъулесул заместитель Рамазан Рамазановас бицана подпискаялъул рахъалъ рехсараб районалда бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ. «Киназдаго лъала, Шамил районалъул гIадамазул цIикIкIун диналдехун гьетIи букIин. Гьединлъидалин гьениб «Ас-саламалъул» къадар 1200-ялдасаги цIикIкIа­раб бугеб. Газеталъул хIалтIу­хъа­баз, волонтераз гьеб тIи­­би­тIи­забиялда сверухъ цIакъ кIудияб хIалтIи гьабула, районалдеги рачIун. Щай «ХIа­къикъаталъ» гьедин гьабулареб? Щай бугеб ахIвал-хIалги лъа­зе, гIадамалгунги дандчIвазе мугI­рузул районазда кIиго мухбир толарев? Цебе МахIатIов Му­хIамад вачIунаан нижехъе, що­лаан щибаб росулъе, бицуна­ан гIолел ва гIоларел рахъазул хIакъалъулъ. Районалъул ва росабазул бутIрузе рокьулел руго, дора-гьанир дандчIварал бакIаз­да гурел, кабинетахъеги рачIун, жидерго мурад бицунел чагIи. Гьединлъидал хIажат буго «ХIа­къи­къаталъ» гьелгун хIалтIи гьабизе ва мугIрузул районазда кIиго-лъабго мухбир тезе», — ян абуна Рамазан Рамазановас.
КIаратIа росдал почалъу­л отде­лениялъул нухмалъулев Муса Сайпудиновас бицана «ХIакъикъат» букIа, цогидал газетал рукIа хъвазейин абун жидехъе анцIгогицин чи ва­чIунарин. РачIаразги газета хъвалин къарзалъ ва гIарцуда хадур гьезухъе хьвадизе кколин, хьитал рагьизегIан.
Гьединабго ахIвал-хIал Унсоколо районалъул Рихьунибги бугин бицана почалъул отделениялъул нухмалъулей ГIайшат ХIасановалъ. ХIатта администрациялъул хIалтIухъабазухъа, учительзабазухъагицин бакIа­ризе захIмалъулила гIарац.
ТIадмагъилъ росдал почалъул отделениялъул нухмалъулев ГIадилгерай Пирилаевасул пикруялда рекъон, магIарул газеталъе бищунго кIудияб квал-квал гьабулеб буго интернеталъ. «Жакъа «ХIакъикъат» газета цIализе бегьула Интернеталдаса, гьелъул хасаб сайталдеги раккун. Гьедин бугеб заманалда, газета щайха хъван? Техника цебе унеб буго, гьединлъидал, цебесебги цIунун, цIиябги хIисабалде босун, галаби тIамизе ккола нилъецаги», — ян абуна гьес.
Унсоколо районалъу­л бетIера­сул кумекчи МухIамаднаби ХIайбулаевас бицаралда рекъон, районалда кIудияб хIалтIи гьабулеб буго миллияб мацIги гьединго газеталги цIунизелъун. «Амма, лъаялъул даражаялъухъ балагьун бихьулеб буго гIун бачIунеб гIелалъе цIалдезе бокьулеб гьечIолъи. Кодоб кквезе гIоркь гуреб, гIодоб лъезе тIину гуреб Интернеталда батараб гIахьучI-хабар гIолеб буго гье­зие. Гьединлъидал хIажат буго газетал, хасго нилъерго «ХIа­къикъат» цебетIезабизе, гьеб хъвай цIикIкIинабизе. Гьеб ра­хъалъ бажарараб нижецаги гьабизе буго», — ян абуна МухIа­маднабица.
Шамилхъалаялда бугеб районазда гьоркьосеб почтамта­лъул нухмалъулев МухIамад Макъ­судовас баркала загьир гьабуна данделъиялда гIахьал­лъизе рачIарал магIарул хIал­тIу­хъабазе. «Газета хъвай цIи­кIкIани, нижер хIалтIиги це­бехун уна. Гьединлъидал нилъ ца­дахъ рекъон хIалтIизе ккола. Дир филиалалда гъорлъе унел по­ча­лъул отделениязул нухмалъулезда гъорлъ цогIаги гьечIо тIаса-масагояв чи. РакIчIола, ха­дубккунги гьез хIалтIи ракI­бацIцIадго тIубаза­биялда», — ян абуна гьес.
Ахиралдаги ГIали Камаловас бицана газеталъул кIваралъул хIакъалъулъ. «ГIемер рагIула «ХIакъикъаталда» критикиял макъалаби къанагIат гурони гьечIин бицунеб. Гьедин абулезе дицаги жаваб кьола, рачIайин дудаса байбихьилин. Щайгурелъул ритIухълъи хIатIил малакье ккараб гьаб заманалда рацIцIалъиги яхI-намусги цIунун къеркьолев чи дагьлъулев вуго.
Гьединлъидал какизеги ба­дир­чIваял гьаризеги суалал гIемер ратила. БитIараб бадиб­чIвай буго, тIекъал ишалги ри­хьичIого, гIадамазда аскIор хIа­кимзабаз, хъулухъчагIаз, гIадлу цIунизе тараз гьарулел мекъал ишазул хIакъалъулъги газеталъ бицинчIого тезе гьечIо. Ам­ма гьеб киналъулго, кигIан би­цаниги, хIасил кколареб мехалъ, хъваралъе жаваб кьолареб, гIадлу гьабулареб заманалда нижги дагьал тохлъулел ратизеги бегьула. Кин бугониги, хадубккун пикру буго критикияб рахъ дагьаб цIикIкIинабизе. Узухъда, гьелъие тIоцебесеб иргаялда, нужедасан – газета цIалулездасан кумек щвелин ва дандчIвалел квалквалазул хIакъалъулъ нижехъе хъвалин, кIалъалин хьул буго. Амма, кин бугониги, «ХIакъикъат» кьучI-хIужа гьечIого гIадамал какулеб, гьезда гьоркьоб мацI гьабулеб, рикьалаби ккезарулеб басма гуро. Гьеб буго халкъияб ракълилаб газета. МагIарулал рукIине ккола цогидал миллатазе мисаллъун», — ан абуна «ХIакъикъаталъул» бетIерав редакторас.
Данделъиялда гIахьаллъана ЛъаратIа, Инхело, Гъуниб, Гьо­цIалъ, Болъихъ, Гьонода, Хьаргаби, ЧIарада, Игьали, ЧIир­къатIа, Хунзахъ, Гьара­кIуни, Гьа­радерихъ ва цогидалги роса­базул почалъул отделениязул нухмалъулел.
Темирхан ХIасанов