«ЯхI гьечIел майнераз исана сон байбихьаралдаса Дагъистаналда бикъун буго токалъул 41 млн. кВт/ч. Расул ХIамзатовасул цIаралда бугеб Гъуниб ГЭСалъ хIадурулеб электроэнергиялда бащадаб къадар ккола гьеб. Гьадингоги больницабаздегун ясли-ахазде, школазде кьезе ток гIоларого ругеб мехалда, цо хасал чагIаз жидеего тIокI гьабулеб буго жамагIаталъул хазиналъун кколел ресурсал». Гьедин лъазабуна ТЭКалъул рахъалъ идарабазда гьоркьоб гIуцIараб комиссиялъул...

